Киданиги къечIев
Мансур МухIаммад ибн Абу ГIамирие бергьенлъаби щолаан къвакIиялъул ва иманалъул кумекалдалъун. Жиндир заманалда гьев вукIана бусурбабазул церехъабазда гьоркьов мисалиявлъун.
Андалусиялъе захIматаб заманалда, улкаялда ва аскаралда гIадлу-низам гьабизе лъихъаго бажаричIеб заманалда вачIана гьениве Мансур. Гьес кинабго рукIалиде ккезабула ва гъазаваталъул байрахъ борхула.
МухIаммад ибн ГIабдуллагь ибн ГIамир ибн Абу ГIамир ибнул Валид ибн Язид ибн ГIабдул-Малик МугIафири гьавуна 939 соналъ (гьижрияб 327 соналъ), Андалусиялъул тахшагьарлъун букIараб Кордоваялдаса гIемер рикIкIад гьечIеб Тораш росулъ.
Гьесул кIудада ГIабдулмалик МугIафири вукIана Тарикъ ибн Зиядида цадахъ Андалусия бахъиялъулъ гIахьаллъаразул цояв. Гьесул эмен ГIабдуллагь ибн ГIамир вукIана динияв ва дунял тарав чи.
Мансурил гьитIинаб заманги гIолохъанлъиги ана. ГIолиллъиялъул гIужалда цIалана хIадис-гIелму ва адабият, цинги ана Кордоваялде.
МухIаммад ибн Абу ГIамир цIалана тIадчIун, хIатта гьес цо къазиясе тIехь хъвана ва гьелъул мухIканлъиялъ гIажаиблъизавурав гьес Андалусиялъул халифасул ишазул нухмалъулев ХIакам Мустансирида гьарула МухIаммад ибн Абу ГIамир хIалтIуде восеян.
МухIаммад ибн Абу ГIамирица пачалихъ данде бачин
МухIаммад ибн Абу ГIамирил хIалтIи цебе ана ва кватIичIого халипасул полициялъул начальниклъун тIамуна.
Миладияб 976 соналъ (гьижрияб 336 сон) Андалусиялъул цевехъан ХIакам Мустансир хола. Гьес жиндирго ирсилавлъун тола гIолохъанав вас Гьишам Муайид. Пачалихъалъе нухмалъи гьабизе гьесул бажари букIинчIо, гьединлъидал, МухIаммад ибн Абу ГIамирица тIаде босула гIолохъанав хIакимчиясул жавабчилъи ва гIемерисеб мехалъ жинцаго нухмалъи гьабуна Андалусиялъул пачалихъалъе.
Гьесул амруялдалъун аскар къватIибе бахъунаан ва хъвалел кагъталги гьес хъвалаан. Ахир-къадги пачалихъалда бугеб кинабго къуват гьесухъе щвана. Гьединлъидал андалусиязул тарихалда гьеб заманалда абула амириязул кверщалил заманилан.
Къуват щула гьабизе МухIаммад ибн Абу ГIамирица байбихьула Кордоваялдаса бакъбаккул рахъалдехун цIияб шагьарги бан. Гьелда цIарги лъола Загьира яги ГIамирия абун.
Миладияб 982 соналъ (гьижрияб 371 сон) МухIаммад ибн Абу ГIамирица жиндаго лъола ХIажибул Мансур абун тIокIцIар ва амру гьабула жиндиеги, ХIишам ибн ХIакамиего гIадин, ай цадахъ минбаралда дугIа гьабеян. Гьеб мехалда гьезул гIарцудаги гьесул цIар хъвалеб букIана. Гьеб заманалдаса нахъе МухIаммад ибн ГIамир машгьурлъана ХIажибул Мансур абун.
Жиндирго тIолабго гIумруялда жаниб гьес гьабуна 54 рагъ ва киданиги къечIо.
Пачалихъалда гIадлу
Пачалихъалда букIараб низамалъул бицани, гьес цIодораб политика гьабуна ва киналго бакIазда гIадлу чIезабуна. ГIелму, культура, экономика, даран ва цогидал ишал тIуразаруна халкъ разияб хIалалда. Мансурил заманалда Андалусиялда мискинчиго хутIун вукIинчIиланги абула.
Ахирисел къоял
Мансур МухIаммад ибн Абу ГIамир хвана миладияб 1002 соналъ (гьижрияб 392 сон). Мансур ахирисеб рагъда унтула ва чода рекIун хьвадизе бажарулеб букIинчIо.
МухIаммад ибн Абу ГIамир хун гIемер мех иналдего гьесул вас ГIабдулмалик щвана Кордоваялде ва гьесул бакI ккола. Гьев вахъуна Андалусиялъул хIакимлъунги. Щайгурелъул халиф Гьишам Муайид загIиплъун вукIана ва гьес пачалихъалда кинаб букIаниги хIалтIи гьабулеб букIинчIо.