400 сихIручагIазда дандечIей
Муса авараг ккола чIахIиял аварагзабазул цояв. Гьев рикIкIуна «Улул гIазми» абурал аварагзабазда гьоркьоса. Цо нухалъ Аллагьас ﷻ амру гьабула пиргIавнихъе айилан ва гьел киналго Аллагьасде ﷻ ахIеян.
ХIисаб гьабе кIудияб пачалихъалъул бетIерасухъе мун ине ккей. Гьединаб хIал букIана Муса аварагасулги. Гьениве инегIан цебе Муса аварагас гьаб дугIа цIалула:
رَبِّ اشْرَحْ لِي صَدْرِي وَيَسِّرْ لِي أَمْرِي وَاحْلُلْ عُقْدَةً مِنْ لِسَانِي يَفْقَهُوا قَوْلِي
«Рабби шрахIли садри, ваяссирли амри, вахIлул гIукъдатан мин лисани, яфкъагьу къавли». Гьеб дугIа Къуръаналдаги буго сура «ТIагьа», аят 25-28.
ГIумруялда жаниб захIмалъи ккарав чияс гьаб дугIа цIалани бигьалъизабула.
Муса аварагас квасалъул ретIел ретIун букIана ва хIамил тIомалъул хьитги. Муса авараг гьеб ретIелги ретIун щола пиргIавнил кIалгIадухъе. КIалгIаялъул каваби кIикъого хъаравулас цIунулел рукIана.
Муса аварагас гьезда абула: «Дун жаниве виччай, дида вихьизе ккола Абул-Валид», - ян. Хъаравулзаби релъанхъун абула: «Нижеда Абу-Валид лъаларо, гьаб нижер БетIергьан пиргIавнил кIалгIа буго", - ян. Гьезда Муса авараг лъачIо, гьезда гьев гьардухъан вугин ккана. Муса авараг ахIдола ва хъаравулзаби лъавудаса уна. Цинги Муса хадув кIалгIаялда жаниве лъугьуна.
ПиргIавн вукIунеб бакIалда цере рукIана гIалхул хIайванал ва хъаравуласул кумек гьечIого лъиданиги жанире лъугьине кIолароан. Муса авараг вихьидал гьел хIайванал нахъе ана. ПиргIавн хIинкъана ва абуна: «Гьав щив, нахъе вачахъе», - ян.
Хъаравулзабаз хIалбихьула Муса къватIиве гъезе. Цинги Муса аварагас кодоб букIараб тIил гIодобе рехула ва гьеб кIудияб борохьлъун лъугьуна. ПиргIавн хIинкъиялъ тахидаса гIодове вортула ва тIадеги вахъун тIурун уна. Муса авараг рокъове тIадвуссуна. Хадув эбелгун ва Бану Исраилил халкъгун дандчIвала. Бану Исраилал рохула жидер гIазаб кватIичIого лъугIизе букIиналде хьулгун. ПиргIавнида хадуб лъала Муса авараг борхьил бетIергьан вукIин.
Гьелдаса хадуб Муса цIцIидасан вачIуна пиргIавнихъе Гьарунгун цадахъ. Мусаца гьесда абула Аллагь ﷻ цо вукIин къабул гьабе, нижги гьесул аварагзаби руго, Гьес ﷻ дуе жеги чанго соназ гIумру кьела.
ПиргIавница абула щибав аварагасул рукIана мугIжизатал дуцаги бихьизабеян.
Муса аварагас тIил рехун борохь лъугьинабула ва гьелъ цебе бугебщинаб жо къурчIула. Жеги квер къватIибе бахъун гвангъараб канлъиги бихьизабула.
ПиргIавница визирзабазда гьикъула нужеца щиб абулеб гьелъул хIакъалъулъин? Цояс абула гьев сихIру чи ватулин, нижеда лъаларо мун гурев цогидав БетIергьанин. ПиргIавница абула Муса, мун сихIручи вуго. Дуе бокьун буго сихIруги гьабун ниж Мисриялдаса нахъе гъезе. Дица гьединал къуватал сихIручагIи ракIарила, мун шамат къо щвезегIан кивего унге. Нижеца дуца ахIулеб жоялде дандчIейги гьабуларо.
Шамат къо букIана гьезул гIидалъул къо.
ПиргIавница ракIарула киналго сихIручагIи. Гьезул къадар букIана лъабкъоялда анцIазарго, щивасул кодоб кварги букIана. Цинги гьезда гьоркьоса рищула 400-гояв. СихIручагIаз пиргIавнида абула дуца нижее гьелъухъ харж кьолищин. ПиргIавница абула кьола ва диде гIагарги гьарила абун. Шамат къоялъ киналго азбаралда данделъула.
СихIручагIаз кодор рукIарал кварал рехун халкъалда ккезабула борхьал ругин. Муса аварагасда Аллагьас ﷻ абула мун хIинкъуге, духъ кодоб бугеб тIил гIодобе рехе, дуца гьезда тIад кверщел гьабилаян. Муса аварагас гьедин гьабула ва гьелъул лъугьуна кIудияб борохь ва гьелъ гьезулал киналго къурчIула. Гьеб бихьарал сихIручагIи мукIурлъула ва абула Муса аварагасул сихIру гуро гьеб, Аллагьасдасан ﷻ бугеб мугIжизат бугин.
Гьедин Муса авараг бергьуна къуватал сихIручагIаздаса. Хадуб гьез къабул гьабула Муса аварагасул ахIи ва кигIан пиргIавница гIазаб кьун чIваниги Аллагьасул ﷻ динги течIо. Гьезие щвана абадияб рукъалъул талихI.