Аслияб гьумералде

ТIелекьа Ибрагьим-хIажи

ТIелекьа Ибрагьим-хIажи

ТIогьохъа Ибрагьим-хIажи ккола 19-20 гIасрабаз рукIарал цIар рагIарал гIалимзабазул цояв. Гьев гьавуна гIага-шагарго 1840-42 соназда. ТIогьохъ росу, ТIелекь росдал гIадамаздасан гIуцIараб букIиналъ, Ибрагьим-хIажияв халкъалда гьоркьов машгьурлъана ТIелекьа Ибрагьим-хIажийин абун.

 

Гьев гьавуна МухIаммадилги Гугьаршатилги хъизамалда кида гьев хварав ва кив вукъун вугевали лъаларо, кинниги жиндирго инсул хIакъалъулъ Ибрагьим-хIажияс хъван буго: «Дир эмен МухIаммад шагьидлъун хвана», - йилан.

Байбихьул гIелмаби мухIкан гьарун хадуб, Ибрагьим-хIажиясда ракIалде ккана Дагъистаналъул цIар рагIарал гIалимзабахъе цIализе къватIиве вахъине. Цебесеб гIадат-законалда рекъон, цо вилаяталдаса цогидаб вилаяталде ине къваригIунеб документ гьесие хъван буго 1292 (1875-76) соналъ. Документалда буго: «Гьаб кагъат кодоб бугев ТIелекьа МухIаммадил вас Ибрагьим гIелму тIалаб гьабиялъул къасдалда цогидаб вилаяталде унев вуго. Гьев лъикIав чи вуго, жамагIаталъул рахъалдасан жиндие изну шваравги вуго. Гьес ХIубикь (Гъуниб) росдал хIакимасдаса кагъат тIалаб гьабулеб буго, низам-законалда рекъон, жиндирго мурадалде гьев тIовитIизе вукIине.

Нижги, тIелкьазул диваналъул агьло: Къади МухIаммад; ГIурафаал (старшинаби); ГьитIинМухIаммад, ХIассан, ХIажияв, ХанМухIаммад. 29 къо (моцI хъван гьечIо) 1292 (1875-76) сон».

Ибрагьим-хIажи гIелмудул ралъадалде жаниве лъугьун заман иналдего Дагъистаналда байбихьана къокъаб шаригIаталъул питна. Гьел рагъазул хIасилазда, 1877 соналъул 24 декабралда Ибрагьим-хIажиги гьесул вацал Чупанги, Меселавги, хъизам КIилъилайги, лъабабго лъимерги (цо васги, кIиго ясги) Сибиралде, ай Харьковалде ритIула. Гьениб бихьараб кутакаб захIмалъи-къварилъиялъ гьесул хъизамги, цо яс хутIизегIан, лъималги хола. Дагъистанаде гIагарлъиялъухъе битIулеб кагътида гьес хъван буго: «Дир хъизамалда кутакаб унти букIана, гьеб унтудаса сахлъичIого гьел хвезеги хвана», - ян.

Хъизан хун хадуб гьелда букIараб КIилъилай абураб цIар Ибрагьим-хIажияс жиндирго чIаго хутIарай ясалда лъун буго.

1882 соналъ жиндирго вацалгун, ясгун цадахъ Ибрагьим-хIажи Дагъистаналде тIадвуссуна. Живго гъове щвараб ва нахъе вачIараб заман мухIканго гьесул тIахьазда гьоркьоб хъван батана: «Дунги гьал рагIаби хъвалев Ибрагьим Сибиралде щвана 1296 соналъул 29 ражабалъ (1879 июль), нахъе Темирхан-Шуравеги щвана 1300 соналъул 4 мухIарамалъ (1882 ноябрь)».

 Дагъистаналде тIадвуссун хадуб Ибрагьим-хIажияс ячуна ПатIина абурай гIадан, гьелъ гьарула лъабго ясги кIиго васги, МухIаммаднаби ва МухIаммад. МухIаммаднаби гьитIинго хун вуго, МухIаммад абуни кIудияв гIедал гьеб мухъалъул гIадамал жинде руссунев, гIалимлъунги тIарикъаталъул агьлуялъул чилъунги лъугьун вуго. МухIаммадил наслаби жакъаги ТIогьохъ руго, Ибрагьим-хIажиясулги цогидал тухумалъул цIаларал чагIазулги рукIарал тIахьал ва асарал гьезухъ цIунунги руго.

Гьединго Дагъистаналде щун хадуб гьес нахъеги гIелму тIалаб гьабизеги байбихьун буго. Ибрагьим-хIажи хьвадун вуго Дагъистаналъул батIи-батIиял цIар рагIарал гIалимзабазухъе. Гьев цIалун вуго Хунзахъ, Харахьи, ЧIикIаб, Гъоркьияб Жунгуталда ва цогидал росабалъ. Гьесул библиотекаялда ругел, гьес насху гьарурал тIахьазухъ халгьабидал, бичIчIулеб буго, гIага-шагарго кин гьес байбихьарабали ва киве, кидал ун вукIаравали. Мисалалъе, 1304 соналъул рамазаналъ (май 1887 сон) гьев жеги цIалулев вукIун вуго Дагъистаналдаго цIар рагIараб ЧIикIаб мадрасалда. Гьениб гьес хъван рагIалде бахъинабун буго «ГIумдату ули нугьа валь ГIирфанги». Гьеб ккола Дагъистаналъул къиблаялъулги какил гIужазулги бицунеб тIехь. Гьединго, «ТавзихIу ллатIиф» абулеб тIехьги.

Хадусеб соналъ гьев вукIун вуго Гъоркьияб Жунгутаялда, ХIоцоса ГIабдулатIипихъ хIисаб-гIелму цIалулев, гьениб гьес насху гьабун буго «Хуласатул хIисаб» абулеб тIехь. Гьенир гьелгун цIалулел рукIун руго: ГIашилтIаса КъурбангIалил ГIабдулаги, Гиничукьа ГIабдусалам-хIажиги, КIаратIаса Хирияв-хIажиги, Анцухъа Шагьасул вас ХIафиз МухIаммадги, Аргъваниса Чалабиги, МелъелтIаса ХIажиявги ва гьел гурел цогидал мутагIилзабиги.

1307 соналъ гьев вукIун вуго Мущулив, гьениб гьес хъван буго Авараг ﷺ гьаб дунял тун иналъул бицунеб шигIру.

Ибрагьим-хIажияс насху гьарурал гIемерал тIахьал руго. Жакъаги гьесул наслабаз цIунун руго 80-ялдаса цIикIкIун тIехьги, гIемерал кагъталги, гъоб заманалда шайихзабаз, гIалимзабаз, мутагIилзабаз ва гьел гурел цогидазги гьесде ва гьесдасан хъварал. ХIатта жеги имам Шамилил (къуддиса сирругьу) кIиго кагъатгицин буго гьениб. Цояб кагъат, наиб Шамхалихъе хъвараб, цогидаб - наиб КъебедмухIаммадихъе хъвараб.

 

(Хадусеб букIине буго)

 

 

МухIаммад-афанди ИнагIабасов,

муфтияталъул г1елмияб отделалъул х1алт1ухъан

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Нужее баяналъе

ГIумар-асхIаб кин чIварав? – Рогьалил как балаго чIвана. Абубакарил ясазул бищун гIелму бугей щий йикIарай? – ГIаишат. Аварагасул чIужу ХIафсатица чан сон бараб? – 69 сон. Суратул «Намлаялда» цоги щиб цIар абулеб? – Суратул...


КIудияб гIидалъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу, хириял диналъул вацал ва яцал!   РакI-ракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб Къурбаналъул байрам. Гьеб баракатаб къоялъ нилъеца кидаго ракIалде щвезабула Ибрагьим аварагасул тIадегIанаб мисал, гьесул ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ букIараб...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде  +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!       Сусланова ПатIиматзагьра, 6 сон, Калининаул росу. Темирукаев Ибрагьим, 7 сон, Ленинаул росу. ГIабдулгIазизова ГIайшат, 6 сон, ГIочIло росу. Лабибова Самира,...


Ахирисел хириял къоял

ТIаде щолеб бугеб иргадулаб моцI ккола ЗулхIижа. Гьеб ккола исламалда жаниб Ражабгун, ЗулкъагIидагун ва МухIаррамгун цадахъ, ункъабго хирияб моцIалъул, цояб. Гьел моцIазда жаниб ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хIарам гьабуна рагъ-кьал, тунка-гIусиял, би тIей.   Гьеб моцIалъул тIоцебесеб анцIго...


ЧIор речIчIиялъул турнир

ГӀахвахъ районалъул гӀадамазда гьоркьоб «Лучник» клубалда тIобитIана чIор речIчIиялъул турнир.  Турниралъул хӀурматиял гьалбаллъун рукӀана МахӀачхъалаялъул централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултанов, Шамсудин Шамсудинов - ГӀахьвахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель ва «ГIахьвахъ...