Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирслъун жиб кколеб гIелму тIалаб гьабидал, Къуръан рекIехъе лъазабидал, нус-нус тIехь цIалидал, вукIунищха гьев чи Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун? Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун вукIине ккани, гьеб киналдаго цадахъ хирияв Аварагасул ﷺ тIабигIатал лъазарун ва жинцагоги гьездаса мисал босун вугони гурони гьев ирс босаравлъун вукIунаро. Гьел тIабигIаталги гьесие щолел гьечIо жиндирго квешал тIабигIатал рекIелъа рацIцIинчIого.

 

Мисалалъе, гIелмуги цIалун живго лъикIавлъун вихьи, рияалъе гIамал гьаби, чIухIи, хIасад, гIадамал жиндего хIажаталлъун рукIине бокьи, дунял тIалаб гьаби, хвезе вукIин кIочон тей, хьул халалъи ва гьел гурел цогидалги хIалал.

Гьел хIалал, унтаби живго лъугьун чиясда рекIелъа лъугIизаризе кIолел гьечIо, унтаби сах гьарулев тIабиб кквечIого ва гьес малъараб гьабулеб гьечIони. Аварагасул ﷺ ирсилал ккола гьел унтабаздаса ракIалги рацIцIалъарал, Аварагасул ﷺ тIабигIаталги жидерго тIабигIаталлъун ккурал, загьираб гIелмуялда цадахъ Аллагьас истикъаматги кьурал, Аварагасда ﷺ жидер силсилатги хурхарал, гьесдаса бачIунеб гIелму гIадамазда малъизе изнуги щварал чагIи.

Аварагасул ﷺ ирсилаллъун кколел устарзабазул кьерда вугев, халкъ битIараб нухда тIобитIулевлъун вукIана Закаталаялда гIумру гьабун вукIарав ГIабдулмутIалибил вас ГIабдулгъанийи-афанди. Гьев гьавуна ЛъаратIа районалъул ГIицIда росулъ, 1924 соналъ. Эбел Загьратгун цадахъ, гьитIинго гьев ккун вуго ЦIоралде ва гьелго гIадин бетIербахъиялъ рачIарал гьебго росулъа чагIазул ясги ячун, Закаталаялда вукIана гIумру гьабун. Шазалияб тIарикъаталъе гьесие изну кьун буго Инхоса ГIабдулхIамид-афандияс, 1973 соналда. КIигоял рукIанин Инхоса КIудиявгун абун бицана ЧIар росулъ гIумру гьабун вукIарав мурид Абумуслимил МухIаммад-хIажияс - цояв Инхоса КIудиясул ясалъул вас, цогидав - Хунзахъ районалъул Хъаладухъ гIумру гьабун вукIарав гIалим ХIусенил МухIаммад. Жиндаса мустахIикъал гьел ругин абидал, Инхоса КIудияс абурабила, гьал гIадамал Дагъистаналде тIамичIого, дуцаго малъеян.

 

(Хадусеб букIине буго)

 

МухIаммад Агълабов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...