ВарагI цикIкIаразул наслу
ВарагI цикIкIаразул наслу
Хурасаналдаса цо бечедав чиясул ахикь хIалтIаби гьарулев Мубарак абун лагъ вукIана. Цо нухалъ ахикьа соно (гранат) босеян абуна хважаинас Мубаракида. Босун бачIараб гранат жеги барщичIеб батана. Цогидаб босизе витIана ва гьанжеги цIекIаб, барщичIеб бачIана. Лъабабизеги гьединго ккана. Хважаинас, ццин бахъун, абуна: «Барщарабги барщичIебги пихъ батIабахъизе лъаларогойищха мун вугев?» - илан.
Лъаларин жаваб кьедал, хважаинас абуна: «Кин лъалареб!? Ахикь хIалтIулелдаса дур гIемераб мех буго гури?» - ян. Цинги Мубаракас жаваб гьабуна: «Гьабгощинаб мехалъ хIалтIулев вугониги дица цониги нухалъ гьаниб бугеб пихъил хIалбихьичIо, дуца изнуги гьелъие дие кьун букIинчIо», - илан. Лагъасул бугеб варагIалъ хважаин гIажаиблъана. Гьеб къоялдаса нахъе гьесие Мубарак кутакалда вокьана.
Хважаинасул йикIана цIакъ берцинай яс. ГIемерал чагIаз гьарулейги йикIана гьей, амма инсул ракI рекъолеб букIинчIо. Цинги ракIалде ккана Мубаракгун гьеб суал дандбазе. Мубаракас абуна: «Ислам бачIинегIан гIарабал тухумалъухъ балагьулаан, ягьудияз бечелъи халгьабула, насранияз берцинлъи халгьабула, бусурбабаз абуни, иманалъухъ халгьабула», - ян. Лагъасул цIодорлъиялъ гIажаиблъизавурав хважаинас рокъове щведал чIужуялда абуна: «МубаракгIан мустахIикъав рос нилъер ясалъе дида лъаларо», - ян. Ва гьесие ясги кьуна.
Бечедал ва цIар бугел гIолохъабазеги кьечIого лагъасе яс кьеялъ гIадамал гIажаиблъана. Амма гьес тIаса бищана Аллагьасул ﷻ дин. Гьелъул хIикмалъиги хадуб бичIчIила гIадамазда. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кватIичIого Мубаракие дунялалдаго жиндир цIар тIибитIарав ГIабдуллагь абун вас кьуна.
ГIабдуллагь ибн Мубарак гьавуна гьижрияб 118 соналъ, гьанже Ираналъул ракьалде кколеб Мерв шагьаралда. ГьитIинаб къоялдаса нахъе эбел-инсуца гьесие кьураб динияб тарбиялъ гIелмуялдехун кутакаб рокьи букIана. Гьесул букIана лъикIаб пагьмуги. Цо къоялъ халатаб вагIзаялъухъ гIенеккун лъугIидал, кинабго ракIалда чIанин абуна гьес. Гьесдаги божичIого аскIов вукIарас бицине тIамидал, хIарп-хIарпккун кинабго бицана. ТIехьалде ваккидал, гьениб хъвараб сурат бахъараб гIадин ракIалда чIолаан гьесда.
Гьижрияб 141 соналъ 23 сон барав ГIабдуллагь гIелму тIалаб гьабун ГIиракъалде къватIиве вахъана. Гьесул мугIалимзабазул цоял ккола Абу ХIанифа, Суфяну Саври, имам Малик ва цогидалги. ГIабдуллагьица абулаан: «Дица гIелму босана ункъазарго гIалимчиясухъа ва гьезул азаргоясдасан тIибитIизеги гьабуна», - ян.
Имам АхIмадица абулаан: «Ибну Мубаракил заманалда гьевгIан гIелму тIалаб гьабулев чи вукIинчIо», - ян.
ХIасанул Басриясдасан цо калима рагIизелъун тIубараб моцI сапаралда банин абула ГIабдуллагьица. Гьеб калима рагIидал, гьес абуна: «Гьелъие гIоло вачIарав вукIана дун», - ян. Цинги нахъги вуссана.
Ибну Мубаракие цIакъ бокьулаан гIемер халваталда чIезе. Мунго цохIо вугеб мехалъ ракI къваридго вукIунарищин цIехедал, гьес абуна: «РакI къварилъун кин дун вукIунев, Аварагасда ﷺ ва гьесул ﷺ асхIабзабазда аскIов вукIаго», - ян.
Суфяну Савриясда аскIове гIелмияб суал цIехон цояв вачIиндал, гьев киса кколевин абун цIехана. Машрикъалдаса кколин абидал, Саврияс абуна: «Машрикъалда бищун гIелму цIикIкIарав чи нужехъа гурищ кколев?» - илан. Щив гьевилан цIехедал, ибну Мубарак вугин абуна гьес.
МухIаммадил вас Къасимица бицана ГIабдуллагь ибн Мубаракгун сапаралде ккедал, ракIалде кканин: нижедасаги сундалъунгIаги гьав ибну Мубарак цеветIурав вугевин абун. Гьесго гIадин какалги жидеца ралин, кIалалги кколин, жигьадалдаги гIахьаллъулин ва хIежги борхулин абун.
Цо сордоялъ кваназе гIодор чIедал, чирахъ ссун ана. Дагьаб заман гьоркьоб ун чирахъ бакидал, Къасим ГIабдуллагьихъ валагьана. ГIемер гIодиялъ мегеж биччун бугоан гьесул. Цинги Къасимида бичIчIана Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиялъ вугеблъи ГIабдуллагь гьездаса тIадегIан гьавурав.
Цо нухалъ Сириялдаса жиндирго росулъе тIадруссиндал, гьесда халлъана цоясухъа хIалтIизабизе босун букIараб къалам жиндихъго хутIун бугеблъи. Гьеб къалам нахъбуссинабизелъун цIидасан вукIаралъуве ана гьев.
Къаси сардал гIибадаталда тIамулаан гьес. КIалал кквезе, хIарамал къояз хутIун, хутIарал къояз тIубараб лъагIелалъ кIалалги кколаан.
Сахаватлъиялъул рахъалъанги гьесде вахарав чи вукIинчIо. Живгоги бечедав вукIана гьев. Гьесул букIана 400 динар. Цо динаралъухъ лъабго гIиялъажо щолаан доб заманалда. Бечелъиялъги гьев гуккичIо. Даран-базар гьабун щвараб кинабго хайир Аллагьасул нухда бикьулаан. «Дунял бокьи гIалимчиясул рекIелъ букIине бегьуларо», - ян абулаан гьес.
Цо нухалъ росуцоял рачIана дуда цадахъ хIеж борхизе ине бокьун бугин абун. ГIабдуллагьица абуна: «Дун разияв вуго, амма нухлуе нужехъ бугебщинаб гIарац кинабго дихъе кьезе ккола», - ян. Гьез кьураб гIарац гъансинибги лъун, рахана гьес. Нухда кинабго жиндирго гIарац хвезабуна. Кинабниги лъикIабщинабги кваназе босулеб букIана. Доре щведалги цадахъ ругезул рокъосез босизе тIадкъан букIарабщинабги ГIабдуллагьица босана. ХIеж борхун тIадруссинегIан цо гъурущ гьалмагъзабазда хвезабизе течIо гьес. Гьелде тIадеги, тIадруссун рачIунаго, жиндирго хIалтIухъаби ритIана цере-цере цадахъ ругезул мина-рукъалда тIад гьабизе кколел хIалтIаби ратани, гьел гьаризелъун. ТIадруссун щваралдаса лъабго къо индал, квен-тIехги хIадурун, цадахъ рукIарал ахIана тIаде. Гьезие гьоболлъиги гьабун, рахъине заман щведал, доб гъамасги цебе бахъун, щивасухъа бакIарун букIараб гIарацги нахъе кьуна.
Гьижрияб 181 соналъул рамазан моцIалъ ибну Мубаракица гьаб панаяб дунял тана. Гьес бан букIана 63 сон.