Аслияб гьумералде

КагIба къачIай

КагIба къачIай

МухIаммадихъе авараглъи кьезегIан цебе (35 сонил ригьалда вугеб мехалъ) ккараб КагIба цIигьаби лъугьана Маккаялъул тарихалда кIудияб кIвар бугеб лъугьа-бахъиназул цояблъун. Гьеб заманалда КагIба къачIай гуребги, гьел къояз МухIаммадица ﷺ якъинго бихьизабуна жиндир гIадамазул гьоркьоблъи лъикI гьабизе бугеб пасахIалъи, нахъчIвана къурайшиязул тухумазда гьоркьоб лъугьинехъин букIараб тунка-гIуси.

 

КагIба къачIазе ккеялъе гIиллаги букIана, гьеб заманалде щвезегIан рарал цIадал ругониги, ккараб цIаялъ бухIун къеда лъугьарал кьватIелал ратаниги, яги цогидал гIиллаби сабаблъун гьелъул иш биххун бачIиналде ккун загIиплъараб хIал букIин, жеги тIохги букIинчIо тIад лъураб. Гьеб заманалда къадазул борхалъиги букIун буго чиясул лагаялдаса гIемерго кIудияб гьечIеб. Гьеб гуребги, къурайшиял хIинкъун рукIана КагIбаялда жанир цIунун рукIарал хазинаби рикъиялда.

Маккаялъул гIадамал гIемераб заманалъ нахъе къан чIун рукIана хIалтIи байбихьизе, хирияб бакI биххизабиялъухъ аллагьзабазул ццин бахъиналдаса хIинкъун. ТIоцебе, кодоб кIудияб газаги ккун, хIалтIи байбихьана Валид ибну Мугъираца ва цIалулаго дугIагун байбихьана къед биххизабизе. Гьесие щибго ккечIеблъи бихьидал цогидал къурайшиязги гьесдаса мисал босана.

КагIба цIигьабиялъе сурсатал гIахьал гьаруна киназго. Гьеб заманалда БагIараб ралъдал рагIалда гъанкъун букIана византиязул гама. Гама гьабизе хIалтIизабураб цIул щулияб букIунеблъиги лъан, къурайшияз гьеб бичун босана тIохалъе хIалтIизабизе. Жеги, гьеб гамида вукIун вуго Египеталдаса Бакум абурав бергьарав цIулал ва ганчIил устар. Гьесул хIакъикъат лъайдал Маккаялъул церехъабаз гьев ккун вуго гьабулеб хIалтIуе тадбирчи хIисабалда. Щайин абуни, гьезулъ вукIун гьечIо захIматал проектазда рекъон минаби разе ва тIох гьабизе лъалев чи.

Жибго хIалтIиги бикьун букIун буго къурайшиязул аслияб ункъо тухумалда гьоркьоб. Щибаб тухумалъе бихьизабун букIана цо-цо къед рагIалде бахъинабизе. МухIаммадицаги, цогидазго гIадин, гIахьаллъи гьабуна хIалтIулъ, баччана гамачI.

КьочIолъе щун гьеб биххизабулелъул гьенир ратана гIурччинал ганчIал, хIалтIухъабазда кIвечIо гьел рагъаризаризе ва хIукму гьабуна гьел кьочIое аслулъун тезе. ЦIиял къадал гьаруна Маккаялъул сверухълъиялда ругел мугIруздаса рачIарал хъахIилаб граниталъул ганчIаздаса. Къадазул борхалъи бахинабуна гIага-шагарго 9 метралде, нуцIаги гьабуна ракьалдаса борхатго борхизабун, цIадал райдал лъедаса ва цIогьаздаса цIунараблъун букIине, цIияб тIох кквезелъун жанирги лъуна кIиго кьералъул цIулал хIубал.

Гьабулеб хIалтIул завалалда мех щвана ЧIегIераб гамачI къадалъ лъезе. Тухумалъул бутIрузда гьоркьоб багъарана хIалуцараб дагIба, щивасе бокьун букIана жинцаго гьеб къадалъ лъезе. Гьелъул хIасилалда дагIба цIикIкIана, хIатта хвалчаби рахъун щивав чIун вукIана би тIезе ккани гьебгицин гьабулин абун.

Цоцазул би тIун хIалуцин ккечIого букIине, къурайшиязулъ цIикIкIарав чи Абу Умая ибну ал-Мугъираца абуна ХIарамалъул азбаралде Сафаялъул кавабахъан тIоцеве лъугьарав чияс хIукму гьабизе бугин дагIба ккараб ишалъулилан. Гьес кин абуниги, гьеб нилъецаги гьабилин. Гьедин рукIаго, Сафаялъул рахъалдасан гьезухъе вачIана МухIаммад. Гьеб заманалда МухIаммад гIадамазда гьоркьов машгьурлъун вукIана ритIухъав, жинде божилъи гьабизе бегьулев чи абун. ХIатта гьесие гIадамаз кьун букIана «Ал-Амин» абураб тIокIцIарги.

Гьезухъги гIенеккун, МухIа-ммадица абуна жиндихъе цо щулияб ххамил кесек босейин абун. Аварагас ﷺ гьеб ракьалда тIибитIана ва гьелда тIад ЧIегIераб гамачIги лъуна. Цинги щибаб тухумалъул кIудиязда абуна ххамил кескил рагIал кквеян ва босана къадада аскIобе, хадуб, жиндирго квераз лъуна къадалъ. Гьеб хIукмуялъ киналго рази гьаруна ва би тIезе ккечIо.

Авараглъи МухIаммадихъе ﷺ кьелалде цересел соназ ккараб гьеб вакъигIат лъугьана гьесул тIадегIанаб цIодорлъиялъе ва ритIухълъиялъе якъинаб нугIлъун, гьелъ гьесул къадруги щула гьабуна къавмцоязда гьоркьоб.

Доб мехалъ КагIбаялъе цIигьабураб хIалтIи, хадуб цо чанго хиса-баси гьабуниги, аслияб къагIидаялъ жакъа къоялде щвезегIан хутIараб буго.

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...