Аслияб гьумералде

Мажгитазул шагьар

Мажгитазул шагьар

Мажгитазул шагьар

Гьанжесеб Бангладешалда, Ганг ва Брахмапутра абурал гIорал данделъулеб бакIалда буго 15-абилеб гIасруялда букIараб, гьанже рехун тараб Багерхат абураб шагьар. Гьеб букIана ракьалдаса тIубанго тIагIарабин абун тараб шагьар.

 

Къоабилеб гIасруялда батана гьеб гIалимзабазда ва ЮНЕСКОялъ хIаракат бахъулеб буго гьелъул хутIараб бутIа биххизе течIого цIунизе.

Бенгал мацIалдаса Бугерхат абураб рагIул магIна ккола «Гъапланазул ах» абураб. Гъапланаз гIумру гьабулеб бакI букIиналъ.

ЖакъалъизегIанги гьениб цIунун хутIун буго 360 мажгит, жамгIиял рукъзал, мавзолеял, кьоялгун нухал, лъел хIавузал. Шагьар гIуцIун буго кутакалда мухIканго, бежун гьабураб кирпичалъул. Гьенибе лъим бачин ва канализация хIисабалда къватIибе тIураб лъим нахъе унеб бугеб куц, кьоял-нухал раязул щулалъи бихьиялъ нугIлъи гьабулеб буго доб заманалдаго букIун бугеб цебетIеялъул, рукIун ругел махщелчагIазул ва гьениб букIараб дин-исламалъул. Шагьар баравлъун рикIкIуна Улуг Хан Жахан абурав тюрказул полководец. ГIага-шагарго 1459 соналъ хун вуго гьев. Шагьар буго 50 квадратияб километралда бараб, цебе гьеб машгьурлъун букIун буго Халифатабад абураб цIаралдалъун.

 

 

 

 

 

 

ЮНЕСКОялъул экспертазул баяназда рекъон, гьениб батулеб буго, дунялалъул цоги бакIазда къанагIат гурони дандчIваларел, гIажаибал архитектураялъулаб гIуцIаби ва бакIал раялъул батIи-батIиял къагIидаби.

Индиялъул ракьалда ругел памятниказул бищун гIажаибаблъун рикIкIунеб буго гьеб шагьаралда бугеб бусурбабазул гIибадаталъул рукъ – мажгит. Бенгал мацIалда гьеб машгьураб буго Шайт Гумбад абураб цIаралдалъун - «Лъабкъого хъубаялъулаб мажгит». Амма гьелъул хъубаби лъабкъоялда анцIгоялдасаги цIикIкIун руго, буго жеги ункъо минараги. Аслияб как балеб бакI буго гIатIидаб. Жанисеб рахъ буго гIемерал аркабаздалъун, рахъ-рахъалдехун нух гьабун анкьго залалде бикь-бикьараб. Аркаби гIемер гьарун руго тIох ва хъубаби кквезе кумекалъе. Мажгит босун буго ЮНЕСКОялъул сияхIалдеги.

Халифатабад буго доб заманалда букIараб цебетIеялъе нугIлъун. Щибаб къойил гьенире рачIуна тIолабго дунялалдасаго туристал.

Гьанже гьенир руго нахъе цIунун хутIарал тIагIелал, алатал, ярагъ ва цогидалги асарал жаниб лъураб музей.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...