Байтул Мукъаддас баялъул къокъаб баян

Ибрагьим-Халиласул наслабазда баркат лъун, Бану-исраилазул къадар цIакъго цIикIкIана. Давуд аварагасул замана гьеб букIана, Гьелгун Палестиналда лъикIаланго мех бана.
Гьезул гIемерлъиялда Давуд гIажаиблъана, ГIадад лъай мурадалда рикIкIине къасд гьабуна. Гьезул хIисаб гьабизе Давудида хIалкIвечIо, ВахIю рещтIун, Аллагьас гьесда гьадин абуна:
«Дица баракатги лъун, гIемерлъарал наслаби, Лъазе дуда кIоларо гьезул гIададгин рикIкIен. Гьанже гьел дагь гьарила Дица, тIад балагь биччан, ТIаса бищеян абе лъабгоялъул бокьараб:
Бокьани, лъабго соналъ ракъи тIаде биччала, Бокьани, лъабго моцIалъ тушбаби тIаде гъела. Ялъуни лъабго къоялъ хвел гьезие букIина, – Гьез тIаса бищаралда хIукму Дир билълъанхъила».
Бану-исраилазда Давудица цебе лъун, Лъабго къоялда жаниб хвел гьез тIаса бищана. Хвалие хIадурлъеян гьезда лъазе гьабуна, Чурхдул чурун, мусрал ран, хIадурлъи гьез гьабуна.
Байтул Мукъаддас бугеб борхалъуде ракIарун, РахIманасде хIелхIедун, гьардезе байбихьана. Гьезде тIаде Аллагьас тIагIун-унти биччана, ТIоцебесеб цо къоялъ аза-азар чи хвана.
Хадусеб къоялъ Давуд Къадирасда гьардана, Гьезий гIафву гьабеян Бичасда цеве чIана, Бану-исраилазде тIаде бачIине бугеб ТIолго диде биччаян кутакалда хIелана.
ХIалимав БетIергьанас дугIа къабул гьабуна, Гьезда тIаде биччараб тIагIун нахъе босана. Исраилазде рохел Давудица бицана, БетIергьанасе щукру гьабеянги абуна.
Щукру кин гьабилебан исраилаз гьикъана, Гьабулеб куц малъеян баян тIалаб гьабуна, «ТIадегIанав Аллагьас рахIму нужей гьабураб Гьаб борхалъиялда тIад мажгит гьабе», - абуна.
Байтул Мукъаддасалъе гьеб бакIалда кьучI лъуна, Гьеб баялъе хIаракат киназгоги гьабуна. Гьединго Давудица, жиндирго мугъалда лъун, Масжидул Акъсаялъе гамачIгицин баччана.
Цинги, логол къадаралъ къед эхеде бахиндал, Гьелде тIаде гьабизе Давуд гIажизлъун ккана. Давуд аварагасде ТIадегIанав Аллагьас «ТIокIаб дуца гьеб базе гьечIин» вахIю рещтIана.
Нахъе хутIараб бинаъ Байтул Мукъаддасалъул Дуе вукIинесев вас – Сулайманица бала, – Сулайман гьавилалде гьесул ханлъи-мулкалъул Халикъас Давудие гьедин бицун букIана.
Цинги, инсуда хадув ханлъун Сулайман ккедал, Аллагьас амру гьабун гьесда лъазе гьабуна. Байтул Мукъаддасалъул бинаъ тIубазабеян ТIадкъараб вахIю бачIун, Сулайман къачIадана.
Женал, инсал, щайтIаби – тIолалго данде гьарун, ТIолаздего бикь-бикьун, хIалтIи бихьизабуна. ТIоцебе шагьар бана, гьеб цIакъ мухIкан гьабуна, Къиматабщинаб гамачI гьелъий хIалтIизабуна.
Гьелда хадув Сулайман мажгит базе жувана, Жавгьар-якъут бахъулеб гамачI тIалаб гьабуна, МагIдан бугебщиналъуб щайтIаби рикь-рикьана, Щибаб цо-цо къокъаялъ тIадкъараб иш тIубана.
Ралъдал тIиналде цоял маргъал бахъизе ана, Ракьулъа гIарац-месед цогидаца бахъана, Цогиязин абуни миск-гIанбар бакIарана, ГIажаибаб куцалда Байтул Мукъаддас бана.
Къаси сардилъ, къад гIадин, гвангъун гьеб бихьулаан, Берцинлъи гьелде щвараб мажгит цоги лъугьинчIо. Гьеб мажгит бан бахъиндал рохалий данделъана, Дунялалда лъугьинчIеб гIидалъул къолъун ккуна.
Къоло щуазар хIайван, кIикъоазарго чахъу, Азарабго варани садакъадае хъуна. Сахратуллагьалде ун, Аллагьасе рецц гьабун, Гьениб Сулайманица хадуб къурбанги хъуна.
Къадирасе рецц гьабун, Гьес жиндий кьуралщинал Щибаб нигIматал рехсон, щукру бацIцIад гьабуна, Гьелда хадуб абуни, Байтул Мукъаддасалъул Баркат щвей тIалаб гьабун, Аллагьасде ахIана:
«Ихласалда, Дуй гIоло гьаб мажгиталъув лъугьун, Гьениб кIиго ракагIат как бан щив вугониги, Ка явми валадатгьу уммугьу мунагь чурун, ВацIцIадавлъун гьаве», - ян гьарун, дугIа гьабуна.
Гьединго хIинкъарасда хIинкъи тIаса унеблъун, Унтарав сахлъулевлъун, мискин бечелъулевлъун, Музниб жанив лъугьани, тавбу къабуллъулевлъун Гьабеянги гьарана хIалкIолев Аллагьасда.
«Дир дугIаялъе жаваб гьабураблъун батани, Гьелъие гIаламатлъун къурбанги къабул гьабе», – Гьаб хушугI-тазарругIгун Сулайман зигардана, Зодоса цо цIва рещтIун, къурбанги босун ана.
Сулайман аварагас бараб Байтул Мукъаддас Гьес гIуцIараб куцалда заманаялъ хутIана. Хадуб, исраилазул пасалъаби цIикIкIиндал, Пасатав Бухтанасар гьезда тIаде тIамуна.
Сулайман хун хадуса ЯгIкъубил асбатIазул Исраилазда гъорлъан цо халифа вахъана. Цинги гьезул гьалаклъи жинда кодоб батулев Бухтанасарил бицун, вахIю гьесде рещтIана.
НухI аварагасул вас – Яфисил наслабазул Бухтанасар абуни, Бабилалда вукIана. ВахIюялъул хIакъикъат Армияъ-халифаяс Исраилазда бицун, гьезие хIинкъи кьуна.
ХIинкъи кьедал хадусан кIиго-лъабго къо индал, Исраилазда гьоркьоб магIсият тIибитIана. ТIугъян-фискъу цIикIкIана, квешлъаби гIемерлъана, ГIазаб-интикъамалъе мустахIикъал лъугьана.
Анлънусазар амирас байрахъал кодор ккурал, Кутакал аскаралгун Бухтанасар вахъана, Байтул Мукъаддасалъул шагьаралде рещтIана, Шагьар бахъун хадуса мажгит пана гьабуна.
Гьелда жанир рукIарал Тавратал гьес рухIана, Меседгин жавгьар-якъут – кинабго бакIарана. Баччун ракь жанибе бан, балканал тIаде рехун, Байтул Мукъаддасалъур болъоналгицин хъуна.
Цинги исраилазе къварилъаби гьаруна, Къатлу-нагьбуялдалъун росаби талагьана; ГьитIиназда гурхIел тун, чIахIиязул адаб тун, Бухтанасарил зулму ракьалда тIибитIана.
АтIфалал данде гьарун, аскаразе рикьана, Ункъ-ункъ гъулам щивасе щварабилан бицана. Шабабату-ннисаи худамааллъун ккуна, Киналгоги дармие базаркъватIазда лъуна.
ГIолохъаби-бахIарзал, цереса ккун, гъурана, Гъоркь хутIараб хъущхъалан кIвар гьабичIого тана. Гьениса бакIарараб бечелъи-малгун цадахъ Бухтанасар, тIадвуссун, Шамалдехун вачIана.
Хадув, Мисриялде ун, къибтIазде тIаделъана, ТIолго гьезул буголъи зулму-хIалалъ бахъана, Хъурмаз чахъаби гIадин, пасат гьарун, гъурана, Мисриялъул улка-ракь гIалахалде сверана.
Гьениса Бухтанасар Магърибалдехун ана, Магърибги пасат гьабун, Суданалде вачIана. Суданалъул ракьалда добго питна гьабуна, Гьениса тIадвуссарав Бабилалде рещтIана.
Бану-исраилазул атIфалал рикьулелъул, ГьитIинав чи, гьезда гъорлъ, Даниялги вукIана. Давуд аварагасул агьлул-байт гьев вукIана, Гьев Бухтанасарица цадахъ вачун вукIана.
«Дун лъалеллъунги рукIун, Диде гIасилъаразде Дун лъаларев зулмучи тIаде тIамилин», - абун, ТIадегIанав Аллагьас абурабилан буго, Бухтанасарги гьедин тIамун вукIарав вуго.
Гьес басра гьарун хадур бану-исраилазул Нахъе хутIараб тайпа рахъ-рахъалде тIурана, Ясрибалдехун ана, Айлаталде рещтIана, ТIутIураб рехъен гIадин, дунялалда риххана.
Бухтанасар ракьалде, тIагIун гIадин, виччана, Дунялалъул бащалъи гьес чIунтизе гьабуна. Тавраталъул хIарп хъвараб тIамач нахъе хутIичIо, ТIолго исраилазда гьелъул амру кIочана.
Ракьулъ букъун бахчараб цо Тавратни хутIана, Хадуб гьелъулги бицен, ин ша Аллагь, бачIина. ЧIунтизе гьабун тараб Байтул Мукъаддасалъул Лъабкъоялда анцIго сон гьеб хIалалда тIубана.
Бану-исраилазул Кайраш абун цIар бугев Цо ханас гьелда хадуб цIигьабунин абула. «Ислам бачIун хадуса, ГIумар асхIабас ритIун, АсхIабзабаз къачIанин», – цогидаца абула.
АхIмад хира гьавиялъ хиралъараб гьаб уммат Аллагьасул рахIмуялъ рахIаталда тун руго. РахIат гIемерлъанагIан гIисян цIикIкIун гурони, ГIаламалъул хьвадиги лъикIлъулеб куцго гьечIо.
Квегъизе чи тIагIараб бугъбузул рехьед гIадин, Бубудун гIолилазги гIадал гьарулел руго. Рукь габуралда лъечIел гIанчIал бусбуз кинигин, НасихIат гьабунагIан гьал тирилъулел руго.
Гьазийги нижееги диналъулъ бичIчIи кьеян БетIергьан-Аллагьасде ахIулел цоял руго, АхIмадил умматалъе Ислам гьуин гьабеян Гьари-дугIаялдаса мацIги бакъвалеб гьечIо.
Мунагь-хатIабаздаса рацIцIалъи гьечIониги, ЦIоб гIатIидав вугелъул, Аллагьасде хьул буго. Гьесде занну лъикI гьабун, гIайибалъе мукIурлъун, РакIалъ тавбуги гьабун, Гьесда цере чIун руго.
Гьев гуресул рахIму-цIоб Дагъистаналъе гьечIо, Диналъул тушбабазул макруги цIикIкIун буго, Мунапикъзабазулги питна гIемерлъун буго, «Бухъаралъур ккагиян» гьаризе хIажат буго.
САГIИД АФАНДИЯСУЛ РУХIИЯБ ИРСАЛДАСА