Аслияб гьумералде

Дир гIумру

Дир гIумру

Дир гIумрудул сонал сверулел руго,

СогIаб дир ракIалъул буссинго гьечIо.

ЛъикIаб гIамалги дир цIикIкIунеб гьечIо,

ЦIадираби лъедал дир щибдай ккела?

 

ЦIалараб, лъаралда рекъон хьвадизе

Хьул дир бугониги лъугьунеб гьечIо.

Гьавагун нафс къезе къеркьананиги

Къоял гIадада ун гIодулев вуго.

 

Къанал тIад чIвалеб къо бачIин лъаниги,

Бераздаса магIу чвахулеб гьечIо.

Чуризе росонив лъолеб лъаниги,

Тавбу гьабизеян хиялго гьечIо.

 

Хвел-хобалъул хабар бицананиги

Гьелде хIадурлъизе заманги гьечIо.

ГIизраил вачIунеб хIакълъананиги

ХIукъукъал тIуразе захIматго буго.

 

 

Аллагьас дий кьурал нигIматазеги

Щукру гьабизеги гьунарги гьечIо.

Гъибат-бугьтаналъул зарал лъаниги

Лъалеб гьечIо тIубан тIад мухъ цIан тезе.

 

Бичас дие кьураб эркенаб заман,

Батулебги гьабун нухда тIамичIо.

БетIергьанас кьураб хIалалаб боцIи,

Буссине гьабичIо лъикIаб рахъалде.

 

ЛъикIаб гьабизеги квешаб тезеги

Тавфикъ кье, БетIергьан, Дуца нижее.

Нижер мунагьазда тIасаги лъугьун

ТIоритIе, БетIергьан, битIараб нухда.

 

Хвел рекIелъ цIунизе цIи гьабе иман

ИяхI-намус бугеб наслу кье, Аллагь.

Кьурал нигIматазе щукру гьабизе

Гьунарги кье, Аллагь, загIипал нижей.

 

ГIумарасхIаб Къебедов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...