Аслияб гьумералде

Къелдерил мугIрул

Къелдерил мугIрул

Ассаламу гIалайкум, къелдерил мугIрул,

Къимат тIадегIанаб инсулаб ватIан.

ГIурччинал рохьаз жиб сверун ккураб,

ХIажизабаз цIураб баркатаб ракь.

 

Гъваридал хъитIахъан чвахулел гIорал,

Гьаваги бацIцIадаб, лъимги цIорораб.

ГьитIинал-чIахIиял цIалдезе унел,

ЦIиял мадрасаби рагьараб ватIан.

 

Киналго данделъун зияраталде -

Сапаралъ хьвадулел, ниж, муридзаби.

Лъабил борхалъиян цIар жинда лъураб,

Хирияб мегIерги гьаниб бугелъул.

 

ЧIахIиял умумуз чуязда рекIун,

Зиярат гьабураб хирияб мегIер.

Бокьилаан дийги гьеб мегIералде,

Зиярат гьабизе цогIаги нухалъ.

 

 

Суайбат, Шамил район, Хьиндахъ росу

 

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...