Аслияб гьумералде

Дуе нух битIаги, шагьру-Рамазан

Дуе нух битIаги, шагьру-Рамазан

Дуе нух битIаги, шагьру-Рамазан,

Аллагьасде муъмин гIагарлъулеб моцI.

ТIасияб соналъул Рамазан моцIги,

ТIаса чи камичIеб кье, Аллагь, нижей.

Нижер ккурал кIалал къабулги гьарун,

Рарал таравихIахъ кири цIикIкIаги.

ЦIалараб Къуръанги, бачараб зикру,

Ахираб рокъобги лъикIлъилъун хъвайги.

Гьарурал ифтарал, кьураб садакъа,

Хваразул рухIазе щолеблъун гьабе.

Радакь рахъун кванан, къаси кIал биххун,

Нусго соналъ нижей такрар гьабеги.

Хваразде гьабураб нижер зиярат,

Хабал агьлуялъе рохеллъун ккаги,

Унтаразе сахлъи, сахазе иман,

ГIадамазул ракIал цоцалъ жураги.

ГIидалъул къояца рахъарал сахIал,

Кафаратлъун гьаре, хирияв Аллагь.

ГIидалъул бараб как, гьабураб дугIа -

Алжаналъул нурлъун нижее гьабе.

КIалал къабул гьарун цоцахъе арал,

Баркиял къабуллъун рохизе гьаре.

Гьениб квараб нигIмат, кьураб садакъа,

Алжанул нигIматлъун гьабе нижее.

Ниж, загIипал лагъзал, кверал цере ккун,

Гьари дуде буго, хирияв Аллагь.

МахIшаралъул къоялъ ХIабиб-АхIмадгун,

Алжаналде унеб умматлъун гьаре.

СУЛАЙМАН МУХIАМАДНУРОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...