Аслияб гьумералде

Васасул кагъат

Васасул кагъат Васасул кагъат

Васасул кагъат

КигIан бокьун бугеб гIумру гьабизе,

Ракълилаб доб болжал кверзукь бачине.

ТIубарал моцIаца лъимго бихьичIел,

ТIагIат-гIибадатул рацIцIалъи кквезе.

 

КигIан бокьун бугеб сахго хутIизе,

Рокъор хутIарал дол хъизан-лъималгун.

ЛъикIго ракI разилъун, гьелгунги кIалъан,

Рохалил ххулулеб магIу бацIцIине.

 

КигIан бокьун бугеб гIумру гьабизе,

ГIинда рагъул гъугъай рагIунгутIизе.

ГьикъичIеб доб балагь - хвалил гуллица

Щапулел ракьцоял рихьунгутIизе.

 

КигIан бокьун бугеб гIумру гьабизе,

ГIолохъанго рукIун яшав гIуцIизе.

Эбел-инсул ракIал рохизе гьарун,

ГIагараб ракьалде рокъор руссине.

 

Шамсудин Расулов, ГIанчихъ росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...