Аслияб гьумералде

Дир авар миллат

Дир авар миллат

Дир авар миллат

Дир мугIрул улкадул аваразул халкъ,

Хирияб ракьалде рокьи бергьарал,

ГьитIинаб къавмалъул къуватаб гьаракь,

Кьурабалъгун мугIруз такрар гьабураб.

 

Гьаваялде рахун, тIавапги гьабун,

ТIалуда рещтIунел цIумазул бусен,

МугIрузул тIогьазда бутIрулги рорхун

ЧIухIадго хьвадулел чундузул ватIан.

 

Чармил гуллаялъул гудракь тIупичIел

ЧIухIарал гъалбацIал гьарураб улка,

Кинидухъ ахIараб эбелалъул кечI,

Кире ккананиги кIоченчIеб миллат.

 

Мун дир авар миллат, аваданаб халкъ,

Хунз, Гъуниб, ЦIумада - цIар арал васал,

ГIахьвахъ, Шамил район, ЦIунтIа, ЛъаратIа, -

Лъиего къуркьичIел къадруял мухъал.

 

Хьаргабигун, Гумбет, ЧIарада, Болъихъ, -

Бечедаб тарихалъ берцинлъараб ракь.

Казбек районалъул тIолго вилаят,

Вализабаз ккураб баракатаб бакI.

 

Ансадерил махщел - дунял хIайранаб,

ХIикматал накъищаз асир гьарураб.

Авар миллаталъул хIикматаб тIалъи,

ТIабигIат чIухIарал рухIиял лъалкIал.

 

Дун мукIурай йиго дур тарихалъе,

ТункIил гуллаялъулъ жиб мутIигIлъичIеб.

БегIерараб къалмил къуватаб калам

Киналго миллатал хIайранаб сарин.

 

ХIулидул щакъиялъ расеналги хъван,

Ирсалъе нахъ толеб дур маданият,

Мадиро кинигин цоцахье кьураб,

Кьурулъ хъала гIадаб дур адабият.

 

Авар миллаталъул бегIераб къалам,

Къадруялда ккурал дир къокъацоял.

Къуватав Шамилил эркенаб ВатIан

Асаразулъ толел хъвадарухъаби.

 

Биччанте берцинаб гьудуллъиялъул,

Гьоболъи къотIичIеб къисмат букIине.

Къварилъи-гIатIилъи ракIаз чучараб

Чилъидул гъанситухъ даим хинлъизе.

 

 

ХIава Таймасханова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...