Аслияб гьумералде

ЛъикI щвараб хирияб моцI

ЛъикI щвараб хирияб моцI

ЛъикI щвараб хирияб моцI

Ассаламу гIалайкум, бачIун рещтIараб,

Баркула, хирияб Шагьру-Рамазан.

Мунагьал чурулеб, сахлъи цIунулеб,

ЦIилъараб батаги умматалъе мун.

 

Унтаби нахъчIвалеб, баркат бекьулеб,

Бекьараб хур гIадаб бачIин гьарзаяб,

БачIун бугин, вацал, нигIмат нилъехъе,

ГIамал гьабун бихье, бихьун течIого.

 

ЛъагIалида жаниб жиндир хиралъи,

Хира гьабун бугин бицен кIудияб.

Бицун хIалкIоларел хIадисал ругин,

ХIалае батулеб Шагьру-Рамазан.

 

Алжанал рагьулеб, жужахIал къалеб,

Къимат тIокIаб моцIрол, гьабе вац, адаб.

ГIолохъанлъи бугин гIумрудалъ бугеб,

ГIадада биччаге, диналъул вацал.

 

Дунялалъул рокъоб ригьнал талихI кьей,

Диналъул вацазул анищ бугебин.

Ахират къачIазе талихI бугезе

Къимат тIокIаб моцIрол, унго, хIалкIолъи.

 

Къечараб черхалъе, бакъараб чохьой,

Чанги напсалъул хIал бихьараб Шагьру.

Шагьидасе гIадаб кири цIикIкIараб

Даража бугебин, къуркьуге, вацал.

 

Аллагь гIемер рехсон, салават битIун,

Суннатал каказулъ кири гIемераб.

Кумек хIажатасе кири цIикIкIараб,

ГIолохъанаб заман, воре, биччаге.

 

Бичас кIодо гьабун жинда цIар лъураб,

Рамазан моцIалъул давла лъаларищ?

Диналъул вацазул ракIал цIилъизе,

ЦIилъараб батаги умматалъего.

 

 

ГIабид-хIажи, ГIочIлоб росу

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...