Аслияб гьумералде

Киназего бокьулеб «Ас-салам»

Киназего бокьулеб «Ас-салам»

Киназего бокьулеб «Ас-салам»

Нижер божараб гьудул,

Нижер урхъараб гьобол,

Ниж чIалгIун рукIуна духъ,

ХIурматияб «Ас-салам».

 

Щиб суал кьунаниги

Жавабги батула духъ,

Киналго хIадисалги

РекIехъе лъала дуда.

 

Россиялде мун щола,

ГIорхъаби рахун уна,

ГIарабиялда ругез

Гъираялда цIалула.

 

ТIасияб соналдаги

Щивасе щвезе ккани,

Заман щун буго гьанже

Гьелъий тадбир гьабизе.

 

Гьеб хъвазе кьолел гъурщал, -

ЦIакъ кIудияб садакъа.

Киназдаго гуроха

Гьелъул балъголъи лъалеб.

 

Барахщуге, хириял

Диналъул яцал-вацал.

«Ас-салам» хъвазе кьолел

Гьел дагьалго гъурщазда.

 

Щивав чиясул рагьде

Чапар щай щвезе кколев?

«Ас-салам» хъваларищан

РакIалде щвезабизе.

 

Газет-журналал хъвазе,

Доб цебе заманалда,

Лъицаго ахIичIого

Унаан нилъ почалде.

 

Союз биххананиги

Почал жеги ругелъул,

Щайха гьенир унарел

«Ас-салам» хъвазе нилъги.

 

Нилъ бусурбабилъидал,

Щукру, АлхIамдулиллагь.

Исламалъул казият

Хъвазе щай барахщулел?

 

РачIаха, хIурматиял

Диналъул яцал-вацал,

Киназго цадахъ лъугьун

«Ас-салам» газет хъвазе.

 

Нилъейго щолеб кири

БорчIизе биччаларин,

Кидаго гуро щолеб

Гьадинаб рес нилъее.

 

 

Ханзадай Сулейманова,

Шамил район, ХIебда росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...