Аслияб гьумералде

Инхелоса Устар

Инхелоса Устар

Дир росулъа устар, кIудияв гIалим,

Мансурил МухIаммад, къуватав къутIбу.

Дир росу чIухIарав, рекIел хазина,

РекIее дир дару, дур пикру гьаби.

 

Дур хиял гьабичIеб къо букIунаро,

Духъ керен бухIичIеб сагIатго гьечIо.

Мун цевеса араб лахIзат букIинчIо,

Дур хIисаб гьабичIеб минут дир инчIо.

 

Мунги ракIалда щун, вокьулев эмен,

Чанги сверана дун, дур минаялда.

Жанив мун гьечIого жиндир нур свараб,

Щвана дун, КIудияв, дур минаялде.

 

Насаб къурайщияй ХIадижатил вас,

Хивал дур гьабиялъ дун свакаларо.

ЛъикIай эбелалъул баркат щварав вас,

Духъ урхъичIеб заман дир букIунаро.

 

Муридзаби къачIан ругьунав эмен,

Кин рукIаян тарал дуца дур лъимал.

Лъиего рагьухъе дур кавуги тун,

Щайзе мун къокъарав, жалго нижги тун.

 

Хадижат, Инхело росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...