Аслияб гьумералде

Инхелоса Мансурил МухIаммад афанди

Инхелоса Мансурил МухIаммад афанди
РахIмуялъул гъамас, баркаталъул гъветI,
Мансурил МухIаммад - рухIияв эмен.
РахIмугун цIобалде хьуллъунщиназе
Хвасарлъи дулъ буго, хирияв муршид.
Муридазул канлъи, кашфуялъул нур,
ТIарикъат малъулев бакъ гIадав устар.
Хъублъарал ракIазе таважугь гьабун,
ГIадамал къачIалев къиматав къутIбу.
Ният бацIцIад гьабун аскIор щваразе
Гьадият бечедав, Бичасул вали.
Аллагьасде щолеб нух тIалаб гьабун,
Дунял-гIалам тIаде хьвадулев шайих.
Баракат цIикIкIине кIиго муршидас
КIиябго тIарикъат кодобе кьуна.
Далил хIажатазе хIужалъун чIезе
Чанго караматал дулъ загьирлъана.
Ижаза камилав, тIарикъат хIакъав,
Мансурил МухIаммад - рухIияв эмен.
Баракат тIокIлъизе, рахIму цIикIкIине,
ЦIоб гIатIидав Бичас дуй сахлъи кьеги.
Сонал гIемер райги, гIумру цIикIкIаги,
Муридазул тIелал цIакъ гIемерлъаги.
Дур нуралъ къалъаги Инхело росу,
Баракат гIаммлъаги Дагъистаналъе.

ИЗАНОСА МАДИНА

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...