Аслияб гьумералде

Гьабищ доб замана…

Гьабищ доб замана…
Гьабищ доб замана, хириялщиназ
Ахирзаманилан жинда абулеб?
Гьабищ доб чIагояв инсанасдаса,
ГIарац хиралъараб согIаб замана?
Гьабищ доб дажалил наслабаздасан,
Пасалъи цIикIкIунеб, цIарал кIочонеб.
КIалалъ цояб бицун, ракIалъ инкар ккун,
ГIадамал хисулеб тохаб замана?
Гьабищ кереналда гIадамасул ракI,
Абураб рагIиялъ бида бецIцIулеб.
Лъезе цIар лъалареб тохал балагьаз,
ЦIер гIадин гIадамал холеб замана?
Гьабищ умумуца бицаде тараб,
Маххул чуял рекIун гIалам холеб мех?
Гьабищ дунялалъул цо рахъалдасан,
КIалъан чи вихьулеб хIикматаб заман?
Нахъа заманилан гIузру цIикIкIараб,
ГIаламатал тIатун ракIал хIинкъараб.
Берда цебе бугеб нигIмат гIемерлъун,
Чанги гIадамасул ракI биццалъараб.
Кинаб батаниги нилъ ругеб заман,
Жиндаса бечедаб дида лъаларо.
Нахъа заманалде нилъ ккей сабаблъун,
Тавбуялъе нуцIа нилъей рагьараб.

ПАТIИМАТ ГIАБДУЛАЕВА, УНСОКОЛО РОСУ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...