Аслияб гьумералде

Гьанже бичӀчӀун буго дур къимат

Гьанже бичӀчӀун буго дур къимат

Гьанже бичӀчӀун буго дур къимат

Гьале, дада, ана цогиги лъагӀел,

Мун аскӀов гьечӀого, мун вихьичӀого.

Дур гӀакълу гьечIого малъа-хъваялъе,

Дуда аскӀов чIезе дие щвечӀого.

 

ЦохӀониги гьечӀо дир гӀумрудул къо,

Мун ракӀалде щвечӀеб, пашманлъулареб.

Цо минут анищан аскӀов кӀусизе,

Ургъел бикьун дургун хабар гьабизе.

 

Гьанже бичӀчӀун буго дур къимат дида,

Мун гьечӀеб мехалда букӀунеб захӀмат.

Дуда гӀакълу дандбан, киндай гьабилин,

Дие кумекалъе гьикъа-бакъизе.

 

Гьаб жакъа къоялъги кӀочонев гьечIо,

ГьечӀин абулелда божуларо дун.

Рокъой вачӀунелъул ракӀалде ккола,

АскӀовеги вачӀун бикьилин ургъел.

 

Дир гӀумрудул хӀуби, гӀелмудал ралъад,

ГӀакълу дие кьолев къин гьечӀев магIдан.

Лъида аскӀове ун дица бицинеб,

Дие ишкал ккараб гӀумрудул суал?

 

Гьабе инсул хIурмат, щва гьесухъе нуж,

Хадуб инин абун бахъуге нахъе.

Метер щвараб мехалъ бухIун унин ракI,

Сонго инчIин абун пашманлъула мун.

 

Щибаб сагIат гьевгун - къимат тIокIаб мех,

Щибаб рагIи гьесул - хирияб жавгьар.

Щибаб гьими гьесул - рекIел тIегь буго,

ТIокIа гьеб кьолев чи нилъей щоларев.

 

МухIаммад НурмухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...