Аслияб гьумералде

Эбелалъул къимат гьабе кидаго

Эбелалъул къимат гьабе кидаго

Эбелалъул къимат гьабе кидаго

Эбел-эбелилан ГIарасат къоялъ,

Лъимал ахIдолила тIаса лъугьаян.

РачIа кинацаго эбелалдаса,

Разилъи гьаризе чIаго рукIаго.

РакI бухIулеб рагIи гьелда абуге,

РекIекье киналго нилъ рачаралде

Нодо букIкIинабун нуж ралагьуге.

Макьу тут свакарал берахъ балагьун,

Эбелалъе къуле, гьелъий хIелхIеде.

Гьелъул хIатIикь нилъей - алжаналъул кIул,

Эбел херлъунилан инжит гьаюге.

Гьелъул ракI кIетIолин лъималин абун,

Ясбер гIадин цIуне улбузул хIурмат.

 

ИманмухIаммад ГIалиев, Первомайское росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...