Аслияб гьумералде

ХIалае батулеб фонд буго «Инсан»

ХIалае батулеб фонд буго «Инсан»

ХIалае батулеб фонд буго «Инсан»

Фонд «Инсан» гIуцIарав гIакълу бугев чи,

Нусго сон кьун тайги гьаб ракьалда тIад.

Гьесий рокьанщинал ва хъизан-агьлу,

ЦIунаги киналго балагьаздаса

 

Къварилъи ккаразе, мискинзабазе

ЦIакъ кIудияб кумек буго фондалъул.

Рукъалда рагIичIеб, чванта чIехьечIеб,

Нилъ мискинлъулареб лъикIаб садакъа.

 

Гьезие гIемераб, нилъее дагьаб,

Садакъа кьуразе кири цIикIкIараб.

Бугес гIемераб кье, гьечIес дагьаб кье,

Хьолбохъан биччаге нилъей щвараб рес.

 

Гьабураб садакъа азарилъ кьабун,

Къабул гьабегиха нилъер Аллагьас.

РухI бахъулеб мехалъ ритIунги ккайги,

Хабалъ нилъ рорчIидал нурлъун батаги.

 

Садакъа кьуразул лъимал-хъизанал,

ЦIунаги Аллагьас балагьаздаса.

Дунялгун ахират битIаги гьезий,

Хъизан-агьлуялда лъеги баракат.

 

Кьураб садакъаги азарилъ кьабун

Балагьазда цебе сангарлъун чIаги.

СиратIалъул кьоги шагьралъун гьабун

Алжаналъул нуцIби рагьун ратаги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...