Аслияб гьумералде

Хвалил пикру кIочене бегьиларо

Хвалил пикру кIочене бегьиларо
ГIадалаб напсалда тIад рекъечIого,
Берал къанщулелъул тавбу гьабулищ?
Щибаб къоялъ радал тIадеги яхъун,
АлхIамдулиллагьан рецц гьабуларищ?
Араб гIумруялъулъ ккарал мунагьал
ГIемерлъун ругилан тохго мун чIелищ?
Аллагьасул гъапу къан батулилан,
ДугIа гьабичIого чIорого чIолищ?
ГIадлу кIочараб черх ахираталде
Къокъунеб къоялъул хIисаб гьабулищ?
РухI гьечIел дур лугбал бецIаб хобалъуб
ЧIаго гьариялъул хивалго кколищ?
Ханасецин щвечIеб кьер-кьераб нигIмат,
КIалалъ кваналелъул пикру гьабулищ?
Бокьанщинаб щвараб чамгIалаб рекIей
ГIадлу гьабилилан хивал бачIунищ?
Чияр такъсиразул хивал гьабизе
Дунго регIун гьечIин ракIалде кколищ?
ГIайибал гIемерал цере чIолелъул,
Дурго гIайибазде нуцIа ричIулищ?
Мун хунги баккулеб багIар бакъалъул
Киданиги дуца хIисаб гьабунищ?
ТIасан мун йилъуней чIегIер ракьулъе
Мунги лъугьунилан магIу тIинкIулищ?
Чидар ракIги бекун къаси кьижизе,
Намусалъул гьаракь гаргадуларищ?
Гъибат-бугьтаназул рахасги гьабун,
Ничалъул асаралъ хIал гьабуларищ?
Уна гIумру, уна, кида аниги,
Тохго хабалъ щведал кинан йикIиней?
Мункар-Накирасе жаваб кьечIони,
Хабал гIазаб хIехьон кин бажарилеб?
Лъиего гьабулеб насихIат гуро,
Дирго напсалдехун кIалъалей йиго.
Лъилго гIайиб рехсон бицуней гуро,
Дирго гIайибазде яккулей йиго.

ПАТIИМАТ ГIАБДУЛАЕВА

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...