Аслияб гьумералде

Пири гIадин ана лъеберабго къо

Пири гIадин ана лъеберабго къо

Рамазан моцIалъул хириял къоял

ТIаса унел руго пашман нилъги тун.

ГIибадат гьабулез давла босулеб,

ГьитIинаб гIамалги кIодо гьабулеб.

 

Цо гьабураб гIамал анкьнусилъ кьабун

Суннаталъухъ кири парзлъунги щолеб.

ГIакълу бугев чияс тохго толареб,

Давла бокьарасги жигар бахъулеб.

 

Сон гIадин бачIана, метер лъугIила,

Пири гIадин ана лъеберабго къо.

Балагье борчIараб кIудияб давла,

Мукъсанаб, хIалакъаб гIамалги гьабун.

 

Гьанже гурхIагиха нилъеда Аллагь,

НигIматазухъ щукру гьабизе лъачIел.

Кин жаваб гьабилеб, диваналъул къо,

Кьураб ресалдаса пайда босичIеб.

 

Лъица кьураб дуе божараб рагIи,

ТIасияб Рамазан духъе щвелилан.

Бихьея къотIи-къай дуца гьабураб,

Жеги лъагIел бугин нахъе хутIараб.

 

Гьабе дуего суд, нафсалъул хIисаб,

Кире арал кьурал лъеберго сордо.

Тагьажудал разе, дугIа гьабизе,

Къуръаналъул нуралъ гвангъизаризе.

 

Дир хириял вацал, диналъул яцал,

Аллагьас гIадада ккун ратугеги.

Щивасул гIамалал къабул гьареги,

Къиямасеб къоялъ нахъги чIвагеги.

 

МагIу тIолеб буго кIиябго бералъ,

РакI буго гIодулеб араб моцIалъухъ.

ХIелун, кверал рорхун гьарулеб буго,

ГурхIа, Аллагь, дида, Мун тIаса лъугьа.

 

МухIаммад НурмухIаммадов,

ГIахьалчIи росу.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...