Аслияб гьумералде

РачIа, рагьизе берал

РачIа, рагьизе берал

РачIа, рагьизе берал

Росизин тIахьал кодой,

Кодоб бугеб телефон

Тезин дагьалъ добегIан.

 

Давление, нерваби,

Ният чороклъизаби,

ЛъикIаб гьечIебщинаб жо

Гьелдалъунин букIунеб.

 

Гьанже ругел гIолилал,

ГIадат, тарих лъаларел,

Тухум кIочонго тарал,

Телефоназ куцарал.

 

Киб бугеб магIарул къартI,

Къо ккаралъуб батулеб.

РитIаралъуй гочунел,

Нихьитал кире арал?

 

Араб бакIго лъачIого

Лъица тIагIинарурал?

ТIадруссун нух лъаларел

Лъицадай нуж гуккана…

 

Нилъер миллат, рахьдал мацI

Лъаларел гIемерлъана,

ГIагарлъиялъ рехун тун

ГIолилал гIуруслъана…

 

ГIузраби гIемер руго

РачIа чIаразе цадахъ,

ЧIалгIун бугин танани

Телефоназ гуккула.

 

 

Шамил Къебедов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...