Аслияб гьумералде

Хваразул чIагоязе гьари

Хваразул чIагоязе гьари
Гьанир ханзаби гьечIо
ЧIахIиял хъулбиги ран,
Хинал рукъзабахъ кIусун
РахIаталда гьечIо чи.
Гьанир шагьарал гьечIо,
Хъил тIурал нухал гьечIо,
«Иномаркаби» рекIун
Хьвадулев чи вихьичIо.
Хур бекьулев ватичIо,
Вецарухъан вихьичIо,
ГIи-боцIи хьихьулелги
Дандего чIвалел гьечIо.
Ракьал кколев чи гьечIо,
Чияе зарал гьечIо,
ЖахIда-хIусуд гьабулел
ЧагIи рихьулел гьечIо.
Гьаниб дагIба-къец гьечIо,
Бикъулев чи вихьичIо,
ЧIвадари, рагъ рагIичIо,
ЧIухIа-къули бихьичIо.
Бечедав-мискинавин
РатIа рахъулел гьечIо,
Бокьанщинабги кванан
Кепалда чи вихьичIо. 
Дунялалда гьабураб
Гьаниб роцада лъола,
ЛъикIабгун квешаб гIамал
ЦIадирабазда лъола.
ЛъикIлъи гIемер гьабурав
Алжаналъуве уна,
Квешлъиялда хьвадарав
ЖужахIалъув рехула.
Дунял тун арал нижер,
Нужеде гьари буго:
Ахират кIочон тараб
Дунял гьабугейилан.
Шагьадат дуца битIун,
Бусурманлъун вукIа мун,
Какарал гIамалал тун,
Тавбу гьабунги хьваде.
Исламияб диналъул,
Аслаби лъан вукIа мун,
Имангун Ислам, ИхIсан,
Черхалда щула гьабе.
Исламалъул рукнаби
МухIканго тIуразаре,
Шагьадат цебе битIун,
Къол щуябго какги бай.
Дурго боцIи-мал борцун
Закат кьезе кIочонге,
Рес бугони хIеж гьабе,
Рамазаналъ кIалги кквей.
Зикру бачин даимлъун,
Свалат битIулев вукIа,
Къуръан гIемераб цIалун,
ДугIа хIелараб гьабе.
ГIадангун хIерен хьваде,
Хъизангун рекъон хIалтIе,
Чидае кумек гьабун
Гьесул ракI бохизабе.
ХIалалаб ризкъи дуца
Дуего тIалаб гьабе,
Диналъе мукъсанлъулеб,
ТIасан ккараб гьабуге.
Мажгитал, нухал, кьоял,
Иццазе садакъа кье,
ЖамагIат-какде хьвадун,
Кири цIикIкIине гьабе.
Киналго гьел гIамалал,
Хасияталлъун гьаре.
Хвалил кьогIлъи рекIелъ ккун,
Аллагьасе хIеле мун.
Дур рекIелъ иман цIикIкIун,
Парзгун суннатги тIубай,
Аллагьасул рахъалъан
Алжан дуй насиблъаяв.
Жакъа чIаго вуго мун,
Дунялалъул канлъигун,
Метер нижер мухъазулъ
Хоб дуй букIин кIочонге.
Хваралгун чIагоязда,
ГурхIел гьабе, БетIергьан,
Ахираталъул рокъор,
Алжан насибал гьаре.

СУЛАЙМАН МУХIАМАДНУРОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...