Аслияб гьумералде

Муъминчи...

Муъминчи...
ГӀажаибаб иш буго муъминчиясул амру,
Муъминасе гурого гьединги букӀунареб.
Квешаб тӀаде бачӀиндал сабру гьабун бергьуна,
ЛъикӀаб щвараб мехалда шукруялъги ворчӀула.
ХӀадисалда бицуна гьединал нигӀматазул,
Бусурбанчи гурого тӀокӀ гьавурав гьечӀилан.
Унтаразеги мисал - хӀисаб гьабе сундулго,
Кинаб хӀал бачӀаниги сабругун шукру гьабе.
Унтаразе Аллагьас сахлъи щула гьабеги,
Мунагьал чуриялъе сабаблъун гьеб батаги.
Унти захӀмалъи буго, сабру гьезие кьеги,
Аллагьасул рахъалъан кинабгоги бихьани.
Къадар Аллагьасулин, гӀамал нилъерго буго,
Сабру гьабичӀого тей Гьесде дагӀбади буго.
Аллагьасе рецц буго нилъ гьединал гьечӀолъи,
Аллагьасде таваккал тӀамизе лъалел рати.

МУХIАММАД НУРМУХIАММАДОВ

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Шукру гьабулищ?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьеб къоялъ нужеда гьикъизе буго дунялалда Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал кин харж гьаруралин абун». (Сура «Ат-Такасур», аят 8)   Гьаб къокъабго аяталда жаниб щивав чиясе пикру гьабизе бакI буго. ГӀумруялда жаниб...


ГIинкъал гIадамалги кIочон толаро

ГӀинкъазул ва гIинда бакIазул ТӀолгороссиялъул жамгӀияталъул Дагъистаналъул регионалияб отделениялъул вакилзаби, гьелъул председатель АсхӀаб Госенакаевасул бетӀерлъиялда гъоркь, щвана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясухъе. Данделъиялда гьалбадерица ракӀ-ракӀалъулаб баркала...


КIудияб макъам

ХIурматиял бусурбаби. Аллагьасул диналде халкъ ахIи буго аварагзабазул ирс. Гьезул тIубараб гIумруго къурбан гьабун ана халкъ битIараб нухде ахIулаго. Гьелда жаниб аслияб жоги ккола гIицIго ихлас, ай ракI бацIцIалъи букIин. Гьебги щибго гьечIеб бакIалда бокьарав чиясе щолеб жо гуро.   Ихлас...


Дагъистаналъул ГIалимзабазул совет

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана ГӀалимзабазул советалъул президиумалъул данделъи. Гьелда гӀахьаллъана ДРялъул муфтияталъул председатель Мурад ИсмагӀилов ва республикаялъул округазда ругел муфтияталъул вакилзаби. Данделъи рагьана ГӀалим-забазул советалъул председателасул ишал тIуралев КъахIиса...


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...