Аслияб гьумералде

Гьанже гIолел ясазе цодагьабго насихIат

Гьанже гIолел ясазе цодагьабго насихIат

Гьанже гIолел ясазе цодагьабго насихIат

Хур бекьи, боцIи хьихьи квер хьвагIун рехун тана,

КъватIал сверун бечелъи балагьулел руго ал.

Гьанже гIолел ясазе магIишат хIажат гьечIо,

Кодор айфоналги ккун хъвадарун бечелъула.

 

Пакъирал руго гьанже гIун рачIунел гьал васал,

Айфоназде ругьунал ясал квегъизе кколел.

РетIел-хьитни чурила, машинаби ругелъул,

Квен-тIех лъица гьабилеб, жий ячарав росасе?

 

Квен гьабизе кканани лъазе ккеларищ эбги,

Жеги росоний къулун ролъ буцичIей ай пакъир.

Яги ракъанщинахъе якьадалъухъеги ун

Гьелъ гьабураб квандейищ яхI гьечIеб квер бегьилеб?

 

Якьад аскIой гьечIони кафеял гьечIищ гьанже,

Ахирисеб копек кьун квенал заказ гьаризе.

Нагагь лъимер гьабуни гьебги хахулеб гьечIо,

Тукадаса росарал смесаз хьихьун ругелъул.

 

Смесал кьун хьихьарал лъимал унтулел руго,

Гьел сах гьаризе гIарац «Инсан» фондалъ кьеларищ.

Вай, гьечIеб гIакълу гьанже гIун рачIунел ясазда,

Улбуца кьечIеб гIакълу ясаз киса босилеб?

 

Гьеб гуреб багьа гьечIел, щибго бажаруларел,

Ясал кьола ригьнаде нужецаго малъеян.

Месед-гIарац, бриллиант, гьебги тIалаб гьабула,

Гьелъул цо граммалъул багьа гьечIел ясазе.

 

Жакъа хабар рагIула яс ригьнаде кьунилан,

МоцIидаса рагIула ригьин биххун бугилан.

Киназулго цого гIарз – квен-тIех, рацIцIалъиялъул,

Кинабгоги рехун тун, трубкабазде гьел руссин.

 

Вай, хIурматиял улбул, заман щвечIищ кантIизе,

Кинидаса нахъего кье ясазе тарбия.

Воре, мекъи бичIчIуге, хIурматиял руччаби,

Киназего гуребин хъвараб дица насихIат.

 

Ханзадай Сулейманова, ХIебда росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...