Аслияб гьумералде

ЧIалгIаде биччазе замана киса?

ЧIалгIаде биччазе замана киса?

Нилъер къалбуялъе къимат кьолеб куц

Кутакалда лъала щивав чиясда,

Чилъигун гIакълуйищ, гIузру-заралищ,

Зулму-магIишатищ, тавбу-рахIматищ?

 

Толеблъи дуниял дидаги лъала,

Доб нафс къезабизе къуват гьечIеб куц.

Къадарав дун вукIин дида бичIчIула,

БичIчIуларел рихьун рахIат буго хун.

 

РахIаталда хьвадун, хьибил гIодобчIван,

ЧIалгIаде биччазе замана киса?

Кидадай бортила багIаргIечилан

ГIабдал гурев чIелищ чIарбида вегун?

 

Шамил Къебедов, ТIелекь росу

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...