Аслияб гьумералде

ЛъикI щвараб

ЛъикI щвараб

ЛъикI щвараб

ЛъикI щвараб рамазан моцI,

Аллагьас кьураб рахIмат.

Жиндилъ хиралъи бугеб,

Жиндилъ баракат бугеб.

 

Кинабго халкъул гIалам,

ГIибадаталда чIолеб.

Баркат-рахIмат гьарзаяб,

Нур бугеб рамазан моцI.

 

Киналгоги моцIазулъ

Хира гьабун бижараб.

Лъеберабго кIал кквезе

Бичас амру гьабураб.

 

ТIолго бусурбабазе

РахIманас сабру кьолеб.

Ракьалдаги зодибги

Нур чIараб рамазан моцI.

 

Жинда жаниб хирияб

Лайлатул къадри бугеб.

Берцинал гIамалазда

ГIадамал хьвадулеб моцI.

 

Къудратас гIаламалъе

ГIибадаталъе кьураб.

Садакъаби цIикIкIараб,

Берцинаб рамазан моцI.

 

 

ХIамзат ХIамзатов, Зивуриб росу.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...