Аслияб гьумералде

ЧIухIун хьвадуге

ЧIухIун хьвадуге

Дица тIолго яцазе,

Диналъул агьлуялъе.

Пайда тIокIаб цо назму

Хъвалеб буго кагътида.

 

ТIолго гьаб цIаларазул

РакIал иманалъул цIун.

ЧIухIиги нахъе рехун,

Берцинго гьел рукIине.

 

Воре, ясал, кидаго

ЧIухIи ханлъуда тоге.

ЧIухIун хьвадиялъ инсан

Мекъи ккезе гьавулин.

 

РекIелъе чIухIи биччан,

Ракьалда нуж хьвадуге.

ЧIухIиялъе къулулев

Вокьуларин халкъалъе.

РакIазулъ чIухIи бугел

КъабихIал къокъабазе.

Дунялги ахиратги

Бичас къварид гьабулин.

 

ГIадамазда гьоркьор нуж,

ГIаданлъи цIунун хьваде.

ЧIухIухъабазулгун нуж,

РакI цолъунги рукIунге.

 

Аллагьас Къуръаналда

Аятги рещтIун буго.

ЧIухIарав инсанасда,

Алжанул махI чIваларин.

 

Гьединго нилъер Расул,

МухIаммадги чIухIичIо.

ЧIухIи рекIелъ рещтIарал

Гьесиеги рокьичIо.

 

Гьари буго ясазде,

Диналъул яцалазде.

ЧIухIиялда къвал базе

Напсалъе изну кьоге.

 

Напсалъ кверде росани,

Мекъи кколин кинабго.

Кинго яхI бахъе, яцал,

ЧIухIи нахъе рехизе.

 

Мадина, Изано росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...