Аслияб гьумералде

МархIаба РабигIул-аввал

МархIаба РабигIул-аввал

МархIаба РабигIул-аввал

МархIаба, мархIаба РабигIул-аввал,

Хирияв Авараг нилъей щвараб моцI.

МархIаба, мархIаба диналъул вацал,

Мавлидал цIализе халкъ гIащикълъараб.

 

АлхIамдулиллагь рецц, БетIергьанасе,

АхIмад-МухIаммадил умматлъун рати.

Свалат-салам дуде нижер Авараг,

Мун вокьаралщинал данделъулеб моцI.

 

Свалат дуде битIун мун вохизави,

Мун гьавураб итни - рохел нижее.

Къурайшияб тухум, гьашимил кьибил,

Дур мавлидал цIалун хIалкъа гьабила.

 

Ниж данде ракIари мун вокьи буго,

Дур шафагIат щвейги мурадги буго.

Кверал цереги ккун гьарулеб буго,

ВачIа нижер свери берцин гьабизе.

 

Умматалъул гуреб ургъел гьабичIев,

Дур умматлъун рати нижее рохел.

Дуде нижер рокьи - рухIгIан хирияб,

Дур шафагIаталде хьул къотIуларо.

 

Аллагьасул Къуръан жинде рещтIарав,

Умматалъе гIоло рухI жинца кьурав.

Аварагги вокьун, мавлидал цIалун,

РабигIул-аввал моцI берцин гьабилин.

 

 

МухIамад Рамазанов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...