Аслияб гьумералде

Дуе хIелун рукIина, Аллагь ﷻ

Дуе хIелун рукIина, Аллагь ﷻ

Аллагьасе какал рай,

Квешабщинаб жибго те,

Къуръан гIемераб цIалун

ДугIа хIелараб гьабе.

 

Рамазаналъ кIалал ккве,

ХIежгун гIумраги тIубай,

Садакъа гIемераб кьун

Мискин вохизе гьаве.

 

Хабзалазде зиярат

Къойилго дуца гьабе,

Хваразе къулгьу цIалун,

ДугIа гIемераб гьабе.

 

ГIадамалгун лъикI вукIа,

ХIалихьалъи кIочон те,

КIудияв адаб цIунун,

ГьитIинавги веэде.

 

Гьоболасе хъулухъги

Гьудуласул мурадги,

ТIубазе хIалаке мун,

Кири гIемераб щвезе.

 

Унтарасухъеги щва,

Къваридав вохизаве,

Херазухъе зиярат

Къойилго дуца гьабе.

 

ГIакъиласухъ гIинтIаме,

Жагьиласе гIакълу кье,

ГIаммаб хIалтIуде вахъа,

Къуват Аллагьас кьолин.

 

ЛъикIлъиялда хьвадани,

Кири гIемераб хъвала,

Берцин хьвади гьабурав,

Алжаналда хIалхьила.

 

Нилъее тавфикъ кьеги

ГIамал берцин гьабизе,

Аллагь вокьи рекIелъгун,

Иман чорхолъ хIехьезе.

 

Жеги кье, Аллагь, нижей

Аварагасде рокьи,

Свалат гIемераб битIун,

ШафагIат гьесул щвезе.

 

Устарзабазул баркат

Нижее камун тоге,

ГIалимазул вагIзаялъ

РакIал тIерен гьареги.

 

МагIишат хIалалаб кьун,

Ризкъи камун ниж тоге,

Диналъе къуват цIикIкIун,

Иман щулияб гьабе.

 

Мун цохIо вуго, Аллагь,

Дуе хIелун рукIина,

Дур цIобалде божарал

Лагъзал ругин, Мун гурхIа.

 

Сулайман МухIаммаднуров

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...