Аслияб гьумералде

Шагьру-Рамазан

Шагьру-Рамазан

Ассалам гIалайкум, дие хириял,

Ислам-дин цIунарал вацалгун яцал.

Баркула нужеда тIаде бачIараб,

Баракат гIемераб Шагьру-Рамазан.

 

Батаги нилъее гьаб хирияб моцI,

Аллагь вокьиялде нилъ цIакъ ахIараб.

Алжаналъул нуцIби нилъее рагьун,

Иблис, шайтIан рикIкIад гьабулеб моцIлъун.

 

Мажгитазде какде, таравихIазде,

РачIунезул къадар цIикIкIунеб моцIлъун.

ЦIалараб Къуръанги, гьабураб дугIа,

ХIарп гъоркь хутIичIого къабул гьабеги.

 

МоцIролго кIалал ккун сахI бахъаразул,

СахIиниб мугь рикIкIун кириги хъваги.

КIалбиччан къояца баркигун ине,

Къуват халкъалъе кье, хирияв Аллагь.

 

ТIолго росдал агьлу хабалазде ун,

Хваразе цIалараб рухIазе щваги.

Хирияб Рамазан моцIалъул баркат,

ТIубараб лъагIелалъ тIаса унгеги.

 

 

Сулайман МухIаммаднуров, ЦIиликь росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...