Аслияб гьумералде

РачIа, нилъ ургъизе

РачIа, нилъ ургъизе

РачIа, нилъ ургъизе

Дунялги рихун буго,

Хвезеги бокьун гьечIо,

Гьал гIадамахъ балагьун

Гьалдолеб ракIги буго.

 

Иманги дагьлъун буго,

Динги загIиплъун буго,

ГIурул ганчIазде сверун

Сверухъ щайтIаби руго.

 

ГIадамазул куц буго,

Каранлъ ккун иблис буго,

Гьимулеб гьумер буго,

Гьабулеб гъибат буго.

 

РачIа, вацал, ургъизе

Унеб гьаб гIумруялда

Цоцазде гурхIел-цIобалъ

РахIму бечедги гьабун.

 

ГIорцIарасда вакъарав

Берда вихьизе виччай,

Мискинасда кверчIвазе

Киназго хIаракат лъе.

 

Унтарал гIемер руго,

Язихъал дагьал гьечIо,

ГIадамасул гурхIел-цIоб

ЗагIипго, хъашлъун буго.

 

РагIабазде гIинтIаме,

ГIамал хисизе гьабе,

Рихьдае дин гьабуге

Гьабе ургъел, иман ккун.

 

Пайда гьечIеб дунялалъ

Гуккулеллъун рукIунге,

Аллагь разияб хIалалъ

ХIалбахъе цере ине.

 

А. ГIабдусаламов, ТIелекь росу

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...