ЖужахI тIалъаразеги шафагIат

ГIараб мацIалда «хIеж» абураб рагIи данде гьабун буго кIиго хIарпалдаса: хI ва джим. Гьелъул хIикматги «Кашфул асрар» абураб тIехьалда гьадин баян гьабун буго: «ХI - БетIергьанасул хIилмуялде ишара буго, джим – «джирми», ай «дир мунагьал» абураб магIнаялда. Гьебги, Аллагьас Жиндир хIилмуялдалъун мунагьал чуриялъе буго».
Ибну ГIумарица бицараб Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ХIежалде вахъарав бусурманчиясул щибаб гали рикIкIун Аллагьас гьесие лъикӀаб гIамал хъвала ва квешаб чурула. Гьев ГIарафа магIарда чIедал, Аллагьас гьесдалъун малаикзабазда цебе чIухIи загьир гьабула ва абула: «Дир лагъзадерихъ балагье. Гьел Дихъе рачIун руго хIурулъанги рахъун, къоги бихьун. Дица нуж нугIзаллъун гьарулел руго, Дун гьезул мунагьаздаса тIаса лъугьиналъе, гьезул къадар зодосан балеб цIадал къатIрабаздасаги салудасаги гIемераб батаниги. Джамараталда чIинхал рехараб мехалъги, лъиданиги лъаларо, гьелъухъ гьесие кинаб кири бугебали, Къиямасеб къоялъ Аллагьас Жинцаго кьун гурони. БетIер кIкIвараб мехалъги, щибаб ботIродаса бортараб рас рикIкIун, БетIергьанас нур кьезе буго Къиямасеб къоялъ. КагIбаялда сверун ахирисеб тIаваф гьабураб мехалъги, эбелалъ гьавурав къоялъ гIадин, мунагьаздаса ватIалъизе вуго». (Ибну ХIиббан)
Вагьб ибн Мунаббагьица бицана, Тавраталда хъван бугин: «ХIакълъунго, ТIадегIанав Аллагьас Къиямасеб къоялъ 700 000 малаик витIизе вуго КагIбаялде ва гьезул щивасухъ кодоб меседил рахасги букIине буго. Гьес гьезде абизе буго: «Нуж а, гьел рахсаздалъун цIан КагIба баче МахIшаралде. Гьел ине руго ва КагIбаялда рахсал разе руго, гьеб цIазе буго. Малаикзабазда гьоркьоса цояс ахIизе буго: «Я Аллагьасул КагIба, билъа», - ян. КагIбаялъ абизе буго: «Дун билъине гьечIо, дир гьари къабул гьабун гурого», - ян. Зобалазул рахъалдасан цо малаикас абизе буго: «Гьаре». КагIбаялъ абулила: «Я Рабби, дир мадугьалихъ дида сверухъ рукъарал муъминзабазе шафагIат гьабизе дие изну кье». «Дуе дуца гьарараб кьуна», - ян ахIула малаикас. Гьеб мехалъ Маккаялда рукъарал чIаго гьарула хъахIал гьурмалгун, хIеж бухьараллъун, КагIбаялда сверухъ лаббайкаги бачунаго. Гьеб мехалъ малаикзабаз цIидасан абула: «Я Аллагьасул КагIба, билъа». Гьелъ цIидасанги абулила, жиндир гьари къабул гьабичIого билъунарин. КIиабизеги гьаризе изну кьедал, гьелъ абула: «Я Рабби, Дур мунагьазул цIурал лагъзал, дунялалъул батIи-батIиял бокIназдаса, хIурулги цIун, къоги бихьун дихъе рачIарал, жидер хъизамал, лъимал, рокьаралги тун, дихъе шавкъгун къватIире рахъарал, дихъе зиярат гьабурал бусурбаби, мутIигIал, кколеб хIалалъ хIежги тIубарал, дица гьарула, гьезие шафагIат гьабизе те, гьел кIудияб хIинкъиялдасаги цIунизе, дида сверухъги ракIаризе». Малаикас абула: «Гьезда гьоркьор руго, дудаса ратIалъун хадур мунагьал гьарурал, кIудиял мунагьазда даимлъарал, жидеда ЖужахI тIадал». КагIбаялъ абула: «Я Рабби, дица гьарула шафагIат гьаби кIудиял, гIасиял мунагьал гьаруразеги, жидеда ЖужахI тIалъаразеги». Аллагьас абизе буго гьеб мехалъ: «Гьабе гьезие шафагIат. Дур гьари къабул гьабуна». Гьеб лахIзаталъ малаикас абизе бугила: «Я гьал КагIбаялде зиярат гьабурал, нуж цогидаб гIаламалдаса ратIалъе». Гьел ратIакIанцIула ва БетIергьанас КагIбаялда сверухъ ракIарула, лаббайкаги бачунаго тIаваф гьабулеллъун, хъахIал, нуралъул цIурал гьурмалгун, ЖужахIалдаса цIунараллъун.
Гьанжеги ахIула малаикас: «Я Аллагьасул КагIба, билъа», - ян. Гьеб мехалъ билъине буго КагIба МахIшаралде, разиго, лаббайкаги бачунаго.
МухIаммад ибну Мункадирица 33 нухалъ гьабун буго хIеж. Ахирисеб хIеж гьабулаго, ГIарафаялда чIун вукIаго, гьес Аллагьасдехун мунажат гьабун абун буго: «Я дир Аллагь, хIакълъунго, Дуда лъала дун гьаб бакIалда 33 нухалъ чIун вукIаравлъи. Цояб дир фарз тIубаялъе, цояб дир эбелалдасан, цояб инсудасан. Дица Мун, я дир Аллагь, нугIлъун гьавулев вуго, дица 30 хIеж сайгъат гьабулеб букIиналъе, гьаб бакIалда чIарал, амма жидер хIеж къабуллъичIел гIадамазе».
ГIарафаялдасаги рещтIун, Муздалифаялда вукIаго, кьижун ккараб мехалъ, макьилъ, Аллагьасул рахъалдасан гьатифалъ гьесде ахIун буго: «Я Мункадирил вас, сахавалъи бижарасдехун сахавалъи бихьизабулевищ вугев мун? ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго дуда: Дир КIодоллъиялхIаги, хIакълъунго, ГIарафа бижилалде 2000 соналъ цебе чурана дица гьенир чIезе ругелщиназул мунагьал».
Муваффакъил вас ГIалица бицана: «Дица чанго нухалъ хIеж гьабуна. Цо нухалъ дун Минаялда ва Хайф абулеб мажгиталда гьоркьоб бугеб бакIалда кьижун ккана. Дида рихьана, зодоса кIиго малаик рештIунев. Цояс цоясда абуна: «Я Аллагьасул лагъ, дуда лъалищ, чан чияс гьаб соналъ хIеж гьабураб?» - ян. Лъаларин жаваб гьабуна цогидас. «600 000 чияс», - ян баян кьуна тIоцевесев малаикас ва жеги гьикъана: «Дуда лъалищ, гьезул чамасул хIеж Аллагьас къабул гьабурабали?». Лъаларин цогидас абидал, малаикас жинцаго жаваб кьуна: «ЦохIо анлъго чиясул», - ян ва гьел кIиялго зодоре рахана.
Кутакаб хIинкъиялъ сверун ккурав дун тирщун вахъана ва дица дидаго абуна: «Балагь буго дуе, гьев анлъго чиясда гьоркьоб бакI киб батулеб!»
ГIарафа къоги ун, Муздалифаялда сордо бан вугеб мехалъ, дида цIидасан гьадалго малаикзаби рихьана зодоса гъоркье рещтIунел. Цояс абуна: «Я Аллагьасул лагъ, дуда лъалищ, щиб хIукму къаси БетIергьанас къотIараб?» Лъаларин цогидас жаваб гьабидал, тIоцевесес абуна: «Дол жидер хIеж къабуллъарал анлъгоязе Аллагьас жеги нусаза-азар хIеж гьабураб гIадаб кири кьуна ва хутIаразул хIежги къабул гьабуна», - ян.
ГIорхъи гьечIеб, жиндир къадар Аллагьасда гурони лъалареб рохелалъги цIун тIаде вахъана дун. Кинха букIинареб, ТIадегIанав Аллагьас киназулго хIеж къабул гьабидал, тIолазего хвасарлъиги рахIматги кьедал ва цонигияв махIрумавлъун нахъе тIамуравлъунги гьавичIого тедал.
Унгоги, Аллагьасул РахIма-талъул гIорхъи гьечIеб куц!