Аслияб гьумералде

КIудиял гIезе риччай

КIудиял гIезе риччай

ГIун бачIунеб гIел ккола букIинеселъул кьучI. ЧIахIияз лъималазда жаниб лъолеб рекIел игIтикъадгун божилъиялъ гIуцIизе буго жамгIият. ГIолохъабазул бетIер цIун букIуна батIи-батIиял пикрабаз, гьезие бокьула сверухъ бугеб хисизабизе, жидедаго тIад хIалтIизе. Амма гьезие ракIалда бугеб рагIалде бахъинабизе унго-унгояб къуват ва ихтияр щола гIицIго хIалбихьиги щун, кIудиял гIедал.

 

Гьаб заман буго гIолохъанаб гIел гуккизе ресал гIемераб. БатIи-батIиял хIаяз, социалиял гьиназ ва лъугIи гьечIел блогеразул видеороликаз гIолилал рикIкIад гьарулел руго бищунго кIвар бугеб лъай щвеялдаса, эбел-инсул тарбия босиялдаса, чIахIиязе кумек гьабиялдасагун гIадатияб лъикIаб гIамал-хасият чорхолъ бессизабиялдаса. Амма хасс гьабун кIвар гьабизе ккараб жо ккола лъимералъухъе щолеб информациялда хадуб халкквей — интернеталдасан, телевидениялдасан, школалдасан ва гIелбащадаздасан.

 

Рукъ – тIоцебесеб школа

Иманалъул аслиял кьучIал лъолеб бакI буго хъизам. Эбел-инсуда тIадаб жо ккола лъималазе иманалъул аслуялъул ва исламалъул къануназул аслияб бичIчIи кьей, къойида жаниб щуго нухалъ как базе ва рамазан моцIалъ кIал кквезе малъи. ГIамр ибну ШугIайбица бицараб хIадисалда Аллагьасул Расулас ﷺ абун буго: «Анкьго сон баралдаса нахъе лъималазда как базе малъе, анцIго сон баралдаса нахъе гьелъие гIоло (бачIого толеб бугони) рухе», - абун (Абу Давуд).

Как-кIалалдалъун кьварараб шаргIияб жавабчилъи байбихьула гIицIго балугълъиялде рахиндал. Гьелде щвезегIан лъимада как бачIого хутIиялъул гIайиб яги мунагь букIунаро, амма гьеб баялъулаб гIадат гьитIинаб къоялдасаго лъугьине ккола лъимадул чорхолъе. Лъай кьеялъулъ бищун аслияб жоги ккола жидерго мисал. Бусурбанчи кинав вукIине кколевали бихьизабизе бищун лъикIаб мисал буго жинцаго шаргIалда рекъон гIумру гьаби.

 

 

 

Чангиял рукIуна бицунел лъималаз малъараб гьабулеб гьечIин, квеш хьвадулел ругин абун. Жиндир заманалда битIараб тарбияги кьечIого, гьедин абиялъ Аллагьасда цебе бугеб жавабчилъи эбел-инсудаса тIаса унаро. Щайгурелъул Аварагас ﷺ

 

 

 

Сверухълъи букIине ккола…

Лъимер заман бахъанагIан эбел-инсудаса рикIкIалъула ва гIелбащадазда цадахъ цIикIкIун заман балеблъун лъугьуна. Гьелъ, мажгит-мадраса гIадал диниял гIуцIабазде хьвадулеллъун рукIине ккола гIолилал. Гьенир лъималазулъ куцала жамгIияталда цIунизе кколел хIукъукъал, сверухъ лъугьунеб гIумруялда гIахьаллъизе, диналъулгун бухьен гьабизе, гIолилазулгун бухьенал гьаризе кколел къагIидаби.

Гьединал бакIазда тIоритIулел тадбираз гIолилал цолъизарула, динияб рахъ щула гьабула, гурхIел-рахIму, цоцазе квербакъи гьаби бижизабула. ЖамагIаталъул гIумруялда гIахьаллъиялъ гIолохъабазе кумек гьабула исламалъул кьучIал цIунун халкъалъе пайдаяллъун рукIине.

 

ЖамгIияталъулъ нахъе ккей – заманалъул унти

Жакъасеб къоялъ халгьабидал, лъимерлъиялъул заман гIолилазулъ халатбахъунеб буго. ГIолилазде, гIиссинал лъимал гIадинги рихьун, эбел-инсуцагун жамгIияталъ букIине кколеб кIвар кьолеб гьечIо. 17-23 сон баралцин толел руго жеги гьитIинал чагIилъун. Амма, цебе букIараб заман ракIалде щвезабидал, гьеб ригьалде рахарал гIадамал рагъде унаан, хъизамал гIуцIулаан, жидецаго бетIербахъи гьабулеллъун рукIунаан. Гьанже абуни заман буго кеп-гIатIилъиялъул. Балагьараб мехалда гIемерисезе бокьулебги гьечIо кIудиял гIезе ва жавабчилъи тIаде босизе. Гьелдаго цадахъ гьезие бокьулеб гьечIо жидеего гIурхъаби чIезаризе.

Гьелъие хIалбихьи бугеб, битIараб нухлъун ккола гьитIинаб къоялдаса нахъего лъай кьеялъул тадбир гьаби. ГIолохъабаз жамгIияталъул ишазулъ кумекчагIи ва церехъаби хIисабалда гIахьаллъи гьабиялъ кумек гьабизе буго гьезие жавабчилъи щиб жо кколебали бичIчIизе ва хадубккунги гьеб тIаде босизе гъираги базабизе буго.

ГIолохъабаз гьитIинго босула жидеда жаниб лъураб жо. Гьелъ, лъималазул ракIал ва пикраби битIараб тарбия, рекIелчIей ва ниятаздалъун цIезаризе ккола. ГIолилал руго жамгIияталъул букIинесеб. Жакъа кинаб мугь чIун батаниги, гьелдаса бижараб бакIаризе буго нилъеца метерисеб къоялъ.

Аллагьас ﷻ нилъер гIолилал лъугьаги жамгIияталъе пайдаяллъун, дин-исламалъул нух ккурал церехъабилъун! Амин!

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...