«Нилъги лъадарараллъун рукIина…»

Каспийск шагьаралда тIобитIараб гIалимзабазул мажлисалда Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандияс гьабураб кIалъай
ТIадчIей гьабизе ккола нилъер гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьеялда. Щай дица гьедин абулеб бугеб?
Щайгурелъул, эбел-эмен гьаб заманалда хIалтIуде машгъуллъун руго. Лъималазе тарбия кьезе гьезул заман гIолеб гьечIо. Гьанже бугеб гIумру гьадинаб бугоха, гьелъ нилъедаса гIемер жо тIалаб гьабулеб буго. Мадугьаласул машина бугони ва нилъерги гьечIони, гьесул рокъоб лъикIаб къай-цIа бугони ва нилъерги гьечIони, нилъецаги гьеб кинабго букIинабизе кколеб буго…
Гьале гьадин тIалаб гьабулеб буго нилъедаса гьаб заманалда кинабго жо. Гьелъул хIасилалда гIолеб гIелалъе чара гьечIого къваригIуна исламияб гьоркьохъебгIаги лъай. ГIемерисеб гьеб бараб буго улбузда. Эбелалъе бокьани вас мадрасалда цIализе, гьев цIалула.
Гьанжеялдаса анцIила щуго соналъ цеве дихъе вачIун вукIана Москваялдаса цо хIакимчи. Гьес гьикъана: «Нужер гьанир мажгитахъ гIурал имамзабиги руго, мадарасалда мударисалги руго, жеги гьелде тIаде лъимал цIализарун щай?» - абун.
Дица жаваб гьабуна: «Нужеца бицунеб битIараб буго. Нижер руго гIолохъанал, лъикIаб лъай бугел имамзабигун мугIалимзаби. Амма гьел мутагIилзабазулъ нижеца чорхолъ бессизабулеб буго гIадатияб гIаданлъи. Метерисеб къоялъ гьезул чIвадарухъаби, наркоманал, гIаракъи-чагъир хIалтIизабулел чагIи рахъинчIого рукIине. Хадубккунисеб гIум-руялда гьел цоцазул ва цогидал диназул вакилзабазул хIурмат цIунулеллъун рукIине», - ян.
Гьеле гьеб жо буго нижеца кьолеб тарбия. Нижер цIалул идарабаздаса къватIире ун хадур кир хIалтIаниги, гьел хутIила лъай ва гIаданлъи бугеллъун. КIиго-лъабго соналъ мадрасалда цIалиялда жаниб буго нилъер гIолохъанаб гIелалъул хвасарлъи. Гьаб бакIалдаго нужер пикру буссинабила цо кIвар бугеб жоялдеги: лъимал хьихьизе ккола хIалалаб магIишаталдалъун.
Нилъеда бихьулаха, араб сон букIана диниял ишал тIуралел хIалтIухъабазе кутакалда захIматаблъун. Дир нужее бугеб гIакълу буго, нужго ритIарал рукIин чIезабун дагIбадугеян абураб. Бичасул Аварагас ﷺ жиндирго гIагарлъиялда, къурайшиязда чан нухалда бихьизабураб битIараб нух. Гьеб заманалда рещтIунеб букIана Къуръанги, рихьизарулел рукIана Аварагасул ﷺ мугIжизаталги. Гьезул цонигияз Аварагасде ﷺ, бихьанищин ниж мекъи рукIун ругин, мун витIун вукIун вугин, ниж дуда нахърилъинин абичIо. Лъица гьедин абураб? Абужагьалицайищ яги Абулагьабицайищ? Гьесие бищунго гIагарал гIадамазул киназ гьедин абураб?
Къуръаналда Аллагьас абун буго: «Унго-унгоги гIадамазда ракIалде ккунищ бугеб, гьез абуни «нижеца иман лъунин» абун, гьезул хIалбихьичIого гьел телин», - ян. Гьединлъидал, нилъер кидаго хIалбихьизе буго. Нилъ гIодорегIан гьарулел, нилъеде хьандолел гIадамал камизе гьечIо. Гьединаб заманалда дугIа гьабизе рес букIана Бичасул Аварагасул ﷺ. Гьесул дугIа къабуллъиялъе цIикIкIарал ресалги рукIана. Амма гьес квешаб дугIа гьабичIо. Аллагьас гьев гьединаб ишалъе витIун вукIинчIо халкъалъухъе. БетIергьанас гьесда абуна: «Дуда тIадаб жо буго гьезухъе щвезаби, гьелгун дагIбади, гьезул хьамиязе жаваб гьаби дур иш гуро, гьезулгун Дица гьабила гьоркьоблъи», - ян.
Цо-цояз абула, диниял церехъабаздехун хитIаб гьабун: «Нуж щай киналго данделъуларел, рекъон щай рукIунарел? Щай нуж цоцазе дандекколарел?» - ян. Гьез гьикъула гьеб нижер гъалатI ва гIунгутIи бугеб гIадин. Нижерго гъалатIазе мукIурал руго. Цо-цо бакIалда гъалатIги ккола, цогидаб бакIалда рагIа-ракьанде щвезабичIого хутIула.
Амма Аллагьас Аварагасде ﷺ абулеб бугоха: «ГIадамазул ракIал цолъизариялъе гьаб дунялалда бугебщинаб жо дуца харж гьабуниги, гьеб духъа бажаризе гьечIо. Аллагь вуго гьезул ракIал данде гьарулев», - ян.
Гьезул цонигиязул цIарал абиларо, амма руго цо-цо гIадамал, цо кинаб бугониги гIайиб чIвазе бокьараб мехалда, мун «муфтиятовский» вугин абулел. Нужеда лъалищ щай гьез гьедин абулебали? Гьединав чиясе жиндиегоги бокьун букIуна муфтиятовскийлъун вукIине, амма нилъеца рес кьоларо гьединазе. Гьесда живго хIалихьат вукIин лъала, гьединлъидалин нилъеца гьесие ресги кьолареб муфтиятовскийлъун вугин абизе. Жеги гьесда ккола муфтиятовскиял какани гьезул дандиязгIаги жиндие кинаб бугониги хьул кьелин абун. Гьесие бокьун букIуна ахирисебгIаги сабаб жужахIалде ине вукIиналъе хIалтIизабизе. ХIалтIизабейин абе. Дица гьадин абулеб буго, гьабсагIат бугеб ахIвал-хIалалъухъ балагьун.
Мунапикъзабазе бокьун буго жидерго мацIаздалъун Аллагьасул нур свинабизе, ай исламалъул нур. Аллагьас гьезие рес кьоларо, гьелъул гIаксалда, исламалъул къуват жеги цIикIкIинабула. Нужер ракIазе бигьалъиялъе бицунеб жо буго гьаб. Щибго ургъел гьабиларо, махх къвакIизе ккани биинабула ва багIаризабула, нилъги гьедин лъадарараллъун рукIина, Иншааллагь.
Цо чанго рагIи абилин мунапикъзабазул, кIигьумерчагIазул хIакъалъулъ, тIокIаб батIияб цIар щибха гьезда абилеб... гьезул кидагосеб мурад буго бусурбабазда гьоркьоб питна тIибитIизаби. Россиялда руго шагьарал цониги дин ккурал гIадамал жанир гьечIел. Дида гьеб лъана, дие гьеб бицана нилъер диналде ячIарай цо гIаданалъ. Гьелъ гIумру гьабулеб букIун буго цо росулъ. Дица гьелда гьикъана нужехъ бусурбаби яги насраниял рукIанищ абун. Гьелъ жаваб гьабуна, цониги дин ккурав чи жидехъ вукIинчIин абун. Гьелдаги дагъистаниясе росасе иналъ лъан буго исламалъул хIакъалъулъ. Гьел мунапикъзаби гьединал бакIазде унаро. Нилъ купруялде ккун ругин гаргадулел рукIуна гьаниргоги чIун.
Нилъерго гIолохъаби гьезде гъорлъе, гьезул гудракье ккечIого рукIинейин дица гьезул бицине кколеб бугеб. Нуж цIодорго рукIа, гьезул хабар битIарабин кколеб букIуна, амма гьезул мурад мекъаб букIуна.
Цо лъабго чиясда ЧIикIаса СагIид-афандияс абулеб рагIана нуж я гьаб рахъалда яги доб рахъалда рукIайин абун. КIиялдаго гьоркьор ругел цIакъго хIалихьатал чагIи ккола. Гьебго абуна кваназе рилълъараб бакIалдаги. Гьел нуха регIизе вахъараб бакIалдаги такрар гьаруна гьелго рагIаби. Гьел нухда тIоритIун хадуб, дидехунги вуссун абуна гьес, дицаги тIокIаб щибха гьабилеб, лъабго нухалъ такрар гьабунин абун. Гьединал рукIуна дораги гьанирги.
Къуръаналда буго, Исламалъе гIадамаз гьабурабщинаб зияналъул зарал кколеб букIарабани Исламалъул щибго жо нахъе хутIилароанин абун. Гьелъул гIаксалда, къойидаса къойиде ислам бацIцIалъулеб ва щулалъулеб буго. Иншааллагь, Магьди имам вахъинегIан гьедин тIегьалеб букIинеги буго. Цо-цоязе Магьди имамасул бицине бокьичIониги, нилъеца бицина гьесул хIакъалъулъ. Бичасул Аварагасги ﷺ бицана гьесул хIакъалъулъ, жибго гьев загьирлъулеб заман, къо-моцI рехсечIо. Хирияв Аварагасда ﷺ нахърилълъун нилъецаги бицина Магьди имамасул, амма заман, къо-моцI рехселаро. Магьди имам вугебгIан заманалда ислам тIегьалеб ва цебетIолеб букIине буго.
Аллагьас нилъер кинабго ишалъе икъбал кьеги. Гьадинал мажлисазул баракат щола цохIо гьанире ракIараразе гуребги, гьаб гIуцIараб шагьаралъего ва тIубараб республикаялъего. Нилъер хьулги гьелде буго!





