Аслияб гьумералде

Дагъистаниязде хитIаб

Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.

 

ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун.

КIиабизе, тIабигIияб балагьалдалъун зарал ккечIезеги буго гьеб хIалбихьилъун, гьезул гьелдехун бугеб бербалагьи загьир гьабизелъун.

Балагьалде ккараз гуребги, бокьараб цогидаб хIалалде ккаразги, ТIадегIанасул амру къабул гьабизе беццараб буго ва хьулги лъезе ккола лъикIаб букIинеселде.

ТIабигIияб балагьалде ккаразе, сундалъун бугониги, кумек гьабуразе кьезе бокьун буго ракI-ракIалъулаб баркала.

Мадугьалихъ ругел регионаздаса, улкаялъул цогидалги бакIаздаса, хIатта Палестинаялдасацин гIадамал кIалъан рачIана ва моралиябгун материалияб квербакъи гьабуна. КIудияб баркала буго киназего.

Дагъистанияздаги абила, гьаб дунялалъул пикру гьабеян, кумек гьабеян ва гьел лъеде гъоркье ккаразе бажарараб кумек гьабейилан. Гьединал балагьаз нилъ цолъизарула, нижедаги гьеб чанго нухалда бихьана. Жакъа дицаги ахIулел руго киналго цолъизе ва цадахъ рахъун бажарарас бажараб гьабизе.

Аллагьас кумек гьабеги.

 

ДРялъул Муфти, шайих АхIмад-афанди

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...