Аслияб гьумералде

ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.

 

ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе. Гьелъулъ бугеб белокалъ ва клетчаткалъ кумек гьабула ракъи кквезе.

145 граммгIанасеб цIияб цIоросаролъулъ букIуна гIага-шагарго 125 килокалория, 4,7 граммалде гIагарун белок, 27 грамм углеводазул ва 3 граммалде гIагарун клетчатка. Гьелде тIадеги, гьелъулъ букIуна калий, магний, фосфор, фолиевая кислота ва В группаялъул витаминал.

ГIалимзабаз гьарурал цIех-рехаздасан баянлъана крахмал гъорлъ бугел овощал, гьездаго гьоркьоб тIощелги, гIемер кванаялъ цIайи цIикIкIине рес букIин. Гьелъул гIаксалда, клетчаткаялдалъун бечедаб, гликемикияб индекс дагьал овощал, масала, гIурччинлъи (зелень, петрушка ва гь. ц.) ва цо-цо крахмал гьечIел нигIматал низамалда цIайи чIезабиялъе пайдаял руго.

Гьелъул магIна кколаро хIалакълъизе хIаракат бахъулеб мехалда тIубанго цIоросаролъ рехун тезе кколин абураб. Гьеб бараб буго хIалтIизабулеб къадаралда ва хIадур гьабулеб къагIидаялда. Масала, нах, чакар ва цогидал беэнлъаби журачIого белъараб цIоросаролъ ялъуни гьелъул попкорм хIалакълъулез хIалтIизабуни, щибго къварилъи букIунаро. ЦIакъго гIемераб мехалъ белъидал гьелъулъ ругел В ва С витаминазул къадар дагьлъизе рес буго.

ЦIоросаролъ киназего данде кколаро. Чакрил унти бугезда лъазе ккола гьелъулъ гIемераб къадар крахмалалъул ва углеводазул букIин, гьелъ бидулъ чакрил даражаялъе асар гьабизе бегьула. Гьединлъидал кIвар кьезе ккола кваналеб къадаралде.

ЦIоросаролъалде аллергия къанагIат гурони лъугьунаро. Амма аллергия багъарани, тохтурасул кумек къваригIуна.

 

Камил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...