Аслияб гьумералде

Къуръаналда рехсараб дару

Къуръаналда рехсараб дару

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «...Гьезул (наязул) жаниблъиялдаса бачIуна батIи-батIиял кьеразул гьекъолеб жо [лъагIалил заманалде, тIугьдузул тайпабазде ва наялъул ригьалде балагьун], жибги гIадамазе сахлъилъун бугеб...», - абун («Ан-НахIл» сурат, 69 аят).

 

Имам Къуртубияс, гьеб аяталъул тафсир гьабулаго, гьадин абуна: «ТIадегIанав Аллагьас гьеб аяталда, "Гьелда жаниб гIадамазе сахлъи буго", - ян абураб каламалда хурхун, гIалимзабазул пикраби батIи-батIиял руго. Гьезул цо-цояз абула гьоцIо киналго гIадамазе ва киналго унтабазе дару бугин абун.

Ибн ГIумаридасан бицун буго, щив вугониги жиндихъе кинаб букIаниги ругънал, тIомол гIадал унтаби ругин абун гIарз бахъун рачIаразе гьес (тIомалда бахине яги кванан хIалтIизабизе) гьоцIо малъа-хъвай гьабулеб букIанин. Абу Важратидасан бицун буго, берал унтидал гьес гьезда гьоцIо бахунаанин, жеги гьеб хIалтIизабулеб букIанин ургьимес бацIцIалъиялъе ва цогидалги унтабазе дарулъун.

Цо-цо гIалимзабаз абун буго рехсараб аяталда рехсаралъ баян кьолин гьоцIо хасал унтабазе дарулъун бугин абун, щайгурелъул хасал дарабазул хасаб жоялъе гурони дару гьаби букIунарелъулин.

Имам КъуртIубияс абун буго: «ЧIахIиял чагIаз гьеб аяталъул магIна рикIкIана киналго унтабазе гIаммаблъун – гьоцIо киналго унтабазе дару бугин абун. Гьез сахлъи гьабулаан Къуръаналъул баркаталдалъун ва Къуръаналда гьоцIо гIадамазе дарулъун бугин рехсаралда ракIбацIцIадго божиялдалъун».

Ибну ГIарабияс абуна: «Ниятги иманги загIипав чиясе гьоцIо киналго унтабазе дарулъун букIинаро, цо-цо тохтурзабазги гьелдаго релълъараб абураб кинниги», - ян.

ГьацIул хIакъалъулъ гIемер бицун буго Аллагьасул Расуласул ﷺ хIадисаздаги. ГIайшатица бицана Аварагасе ﷺ гьоцIоги гьуинлъиги бокьулаанин (Бухари). Аварагасул ﷺ цоги хIадисалда буго: «Сахлъиялъе кIиго жо хIалтIизабе: Къуръанги гьоцIоги», - абун (ибн Мажагь). Жеги буго: «Щибаб моцIалъ лъабго нухалъ (лъабго къоялъ радал) гьоцIо кванарав чиясде кIудиял балагьал рачIинаро», - ян (ибну Мажагь).

Абу СагIидил Худриясдасан бицараб хIадисалда буго: «Пуланаб къоялъ Аллагьасул Расуласухъе ﷺ вачIана цо чи ва абуна: «Дир вацасул чехь унтун буго (гьесде риххел щун букIана)», - ян. Аварагас ﷺ жаваб гьабуна: «Гьесие гьекъезе гьоцIо кье», - ян. Гьев чияс вацасе гьекъезе гьоцIо кьуна, амма тIадвуссун вачIун абуна: «Я, Аллагьасул Расул ﷺ, дица гьесие гьекъезе кьуна, амма гьесул унти жеги захIмалъана», - ян. Аварагас ﷺ жаваб гьабула: «Инеги ун, гьесие гьоцIо кье гьекъезе», - ян. Гьес жинда малъараб гьабуна. Амма нахъеги тIадвуссунги вачIун, абуна: «Я Аллагьасул Расул ﷺ, гьесул унти дагьабги захIмалъун буго», - ян. Цинги Аварагас ﷺ абуна: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ битIараб бицана (Къуръаналда гьоцIо гIадамазе дарулъун бугин рехсеялдалъун), амма дур вацасул чехь гьересияб буго, [гьединлъидал] ун гьесие гьоцIо кье гьекъезе». Гьев чияс вацасе нахъеги гьоцIо кьуна, вацги сахлъана», - ян (Бухари, Муслим).

Гьеб хIадисалъе баян кьолаго, тохтурзабаз абуна гьев чиясул вацасул чорхолъа къватIире рачIинаризе ккарал гIорхъолъа арал заралиял жал рукIанин. Гьелъие гIоло Аварагас ﷺ гьесда гьоцIо гьекъезабеян чанго нухалъ амру гьабунги букIанин. Гьединлъидал букIанин унти бачIинахъего сахлъичIеб. Гьелъ бихьизе гьабулин Аварагасухъ ﷺ гьацIол дару гьабиялъул хасият ва гьелъ чорхое гьабулеб асаралъул хIакъалъулъ гъваридаб лъай букIин.

Цо нухалъ ГIамир бин Маликица витIула жиндир унтиялъе дару гьаризе Аварагасухъе ﷺ чи. Аварагас ﷺ гьесие гьацIдал рахълъен битIана (Байгьакъи).

Аварагас ﷺ абунин ГIаиша-тица бицун буго: «ГьоцIоялдаса лъикIаб дару гIадамаз тIалаб гьабичIо», - ян. «Канзул гIумал» абураб тIехьалда хъван буго: «ЦIадал лъимгун жубан гьекъараб лъим … буго киналниги унтабазе дару», - ян (Анас ибну Малик).

Малик ибну ГIавф унтараб мехалъ гьес абуна жиндие цIадал лъим босеян. Цинги цIадал лъим рехсараб аят цIалана. Хадуб абуна гьоцIо босеян ва гьеб рехсарабги аят цIалана. Жеги абуна баракатаб гъветIалъул (оливкаялъул) нах босеян. Цинги гьеб кинабгоги жубазабун лъугьараб гьекъана. Гьелдаса хадув Маликги сахлъана.

Цебе Египеталда гьоцIо рикIкIунеб букIун буго фараоназул квенлъун. Гьеб хIалтIизабизе малъулеб букIун буго доб заманалда тохтурзабаз ва хурдузул дараби гьарулез. Гиппократица абулеб букIун буго гьацIуца ругъун бацIцIад гьабулин абун. Зугьрияс гьоцIо лъикIаблъун бихьизабулеб букIун буго ракIалда жо чIей лъикIлъиялъе. Ибну Сириница мажгиталде иналде цебе кваналеб букIун буго гьоцIо, гьелъ кIущ хехго бачIин чIезабулинги абун.

ГьацIуца кванирукъ щула гьабула, канлъи лъикIлъи-забула, ругъун сах гьабула. ГьитIинаб цIаялда гьализабун тIад бараб полоп нахъе босун хадуб лъугьараб хIалтIизабизе бегьулеб буго меланхоликиял унтабазе дарулъун. Гьеб лъикIаблъун бихьизабулеб буго флегматиказе, санаде рахарал гIадамазе, хасго хасало заманалда. РацIцIад гьарулел руго цаби ва кьолеб буго гьезие кунчIи, дабалги сах гьарулел руго. Кумек гьабулеб буго кIущ кквезе кIоларезе. Запорал ругеб мехалъги хIалтIизабизе бегьула. Заралиял рухIчIаголъабаз хIанчIараб бакIалда бахинеги беццула. Иммунитет щула гьабула, рекIелгун бидурихьазул гIуцIиялъе лъикIаб асар кьола, гемоглабиналъул къадар гIодобе ккаразеги бегьула, бактериязда данде къеркьола.

МачIикьаго кванаялъ кумек гьабула кванирукъ, тIул, ургьисалаби, кващул понцIеро бацIцIад гьабизе. ТIомол кьер бакI-бакIалдаса хисун (витилиго) лъугьараб унтиялъе, лъелъ биинабун хIалтIизабизе бихьизабула. ТIом тамах ва рас берцин гьабула.

Имбиргун цадахъ хIалтIизабиялъ кумек гьабула квен бихIинабизе, кванирукъалъул хIалтIи лъикIлъизабула, хъегIиги инабиялъе пайдаяб буго, кIалдиса рокьукъаб махIги хъамула. Аллергия букIунез цIодорлъи гьабизе ккола.

 

 

АхIмад Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


ХIикматал махлукъатал

КIвахIачал   КIвахIалал абун цIар лъурал хIайванал руго цIакъ хьвади хIинцал жал. Гьез кванала гъотIол тIамхал. Цаби рукIуна бащадал ва цо формаялъул. Цересел хIатIал нахъисездаса халатал руго. Рас буго чахьалдаса мугъзаде сверун бижараб. ЛъикI бихьула, махI бачине кIола, амма гIинда бакIаб...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...