Аслияб гьумералде

БагIараб пилпил

БагIараб пилпил

БагIараб пилпилалъулъ букIуна капсаицин абураб жо. Гьеб сабаблъун букIуна кIал бухIизабулеб тIагIамги. ГIалимзабаз цIех-рех гьабуна капсаициналъ инсанасул черхалъе гьабулеб асаралъул.

 

Чакрил унтиялъе гьабулеб асар

Капсаициналъ кумек гьабулеб батана чорхолъа цIикIкIун инсулин бахъизе. Цо цIех-рехалда ункъо анкьалъ капсаицин гьекъон хадуб лъимер гьабизе ругел руччабазул бидулъ чакаралъул ва инсулиналъул даража кванда хадуб дагьлъулебцин букIана.

Амма кваналалде хIалтIизабураб капсаициналъ бидулъ бугеб чакрил къадар дагь гьабуларо. Гьединлъидал чакрил унти бугел гIадамал цIодорго рукIине ккола.

 

Рищалабазе гьабулеб асар

ЦIех-рехаз бихьизабуна капсаицин гъорлъ бугел дараби хIалтIизаридал, лугбузул унти дагьлъизабизе кIолеблъи. Амма гьел препаратазда гъорлъ рукIана цогидал жалги, гьединлъидал, мухIканго абизе кIоларо гьеб асар гIицIго капсаициналдасан букIунин абун.

 

Кванирукъалъе гьабулеб асар

Капсаициналъ кванирукъ цIунизе ва ругъун (язва) ккеялъул хIинкъи дагьлъизабизе кумек гьабула. ГIемер багIараб пилпил хIалтIизабулел гIадамазда къанагIат гурони кколаро язва.

 

РакIалъе бугеб пайда

Капсаициналъ бидул хьвади ва рекIел хIалтIи лъикIлъизабизе бегьула. Гьелъ кумек гьабула холестерин гIодобе ккезабизе ва тромбал лъугьиналъул хIинкъи дагьлъизабизе. Гьединго бидурихьалги лъикIлъизарула.

 

Черхалъул цIайи

Капсаициналъ кванде гъира дагьлъизабула. Гьединлъидал, гIалимзабаз абулеб буго гьеб кванаялъ кумек гьабизе бегьулин хIалакълъизейилан.

 

БукIине бегьулеб зарал

ГIемерисеб мехалда кванилъе жубалеб дагьаб къадаралда багIараб пилпил рикIкIуна хIинкъи гьечIеблъун. Амма гIемер хIалтIизабуни кванирукъалъул рахIатхвей, чехь унти, кIал бухIи, мегIер къай, тIом багIарлъи гIадал жал лъугьинарула.

 

Дарабазулгун гьоркьоблъи

БагIараб пилпилалъ асар гьабизе бегьула цо-цо дарабазеги. Гьединлъидал, аспирингун, цо-цо антибиотикалгун, чакрил унтуе хIажатал, бидул тIадецуй гIодобе ккезабулел, би лъама гьабулел дарабигун гьеб кваназе лъикIаб гьечIо.

 

Рак унтиялде данде

ЦIех-рехаз бихьизабуна капсаициналъ ракалъул клеткабазул цо-цо тайпаби гIемерлъизе риччалеб гьечIеблъи.

 

ХIасил

БагIараб пилпил кваназе ккола тохтурасда дандги бан. ЛъикIаб букIина гьеб гьоркьохъеб къагIидаялъ ва сахлъиялъе пайдаял нигIматалгун хIалтIизабулеб бугони.

 

Камил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...