Аслияб гьумералде

ЧчугIагунги кванала чамасдакI

ЧчугIагунги кванала чамасдакI

Гьал хириял моцIаз, ай бусурбабаз кIал кколеб заманалда чамасдакIалъул пайдаялъул хасго гIемер бицуна. Радакь рахъун гьеб нигIмат кванани, тIубараб къоялъего гIураб пайда кьола гьелъ. Къаси, кIалбиччалеб гIужалдаги кванани, гьелъ кванде гъира бачIинабула ва черхалъе лъикIаб асарги гьабула.

 

ТIадегIанав Аллагьас, хирияб Къуръаналдалъун бихьизабун буго рухIиял ва цогидал унтабаздаса инсан цIунулел нигIматал.

ЧамасдакIалъул ва чамасдакIазул гъутIбузул цIарин абуни Къуръаналда рехсон буго 20 бакIалда. Къуръаналда рехсанщинал нигIматал, жакъасеб медицинаялъги рикIкIуна пайдаяллъун, гIемерал унтабазе дарулъун. Масала, медицинаялъги чIезабураб хIужа буго чамасдакI кванаялдалъун инсанасул черхалъе пайда бугеблъи. Гьелда гьоркьор руго махх, фосфор, гьахь, марганец, магний, калий ва гIемерал цогидалги чара гьечIого инсанасе хIажалъулел элементал.

Аварагас ﷺ чамасдакI кваназе лъикIаблъун бихьизабун буго, наслу сах-саламатаблъун лъугьиналъул мурадалда, лъимаде ругел ва лъимер хахулел руччабазе. Гьанже нахъайин абуни медицинаялъул гIалимзабазги чIезабуна лъимер гьабизе йигей гIаданалъе ва ургьиб бугеб лъимадуе чамасдакIалъул бергьун кIудияб пайда букIин. Жакъасел диетолагазин абуни лъималазецин кваназе лъикIаблъун бихьизабун буго чамасдакI.  

ГIарабазин абуни чамасдакI кванала рахьгун, йогуртгун, чедгун, нахгун гьединго ччугIагун. Гьединаб кваницайин абуни чорхое жеги цIикIкIун пайда кьола, гIакълу камил гьабиялъе квербакъула.

ЧамасдакIалда гъорлъ руго нилъее чара гьечIого хIажатал витаминал ва минералал. ЧамасдакI бечедаблъун буго кальциялдалъун. Кальциялъин абуни кумек гьабула рукьби щула гьариялъе. Гьеб гуребги, чамасдакIалъ кумек гьабула берзул канлъи цIуниялъе, кванирукъалда рак унти ккезе гьукъиялъе. ЧамасдакIаз лъикIлъизабула ракIалда жо чIей, бахъула свак, мадар гьабула квачалъул унти чорхолъа бачахъиялъе, щекъер-мукъулукъ сах гьабиялъе.  

ЧамасдакIалъул сокалъин абуни кумек гьабула би бацIцIад гьабиялъе. Дагьабго къадаралда кванараб чамасдакI дарулъун букIуна, гIемераб къадаралда  кванани – чехь чIезаби гурони тIокIаб пайда букIунаро. ЧамасдакIазул буго батIи-батIиял тайпаби. Масала, цо тайпа буго ракI багъари нахъчIваялъе кумек гьабулеб, гIанкъраялъ яги борхьица хIанчIани, гьезул загьруялде данде чIезе къуват бугеб.  ЧамасдакIалда гъорлъ бугеб чакарцин черхалъе пайдаяб буго ва гьеб хехго чорхолъ бихIуна. Инсанасе гIемер пайдаял жал гъорлъ рукIиналъ, чамасдакIалда абула «аслияб нигIматиланги».

 

СагIид Ибрагьимов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...