Аслияб гьумералде

Мекъаб баянги - мунагь

Мекъаб баянги - мунагь

Мекъаб баянги - мунагь

Жакъа нилъ ругеб заман буго гьарзаяб, щиб бокьаниги бугеб, амма битIараб нухдасан бачине лъалареб. Щайин абуни, мисалалъе, телефон, интернет гьечIев чи лъабгоги ватиларо, хIатта гIисинал лъималазухъцин руго. Амма гьеб сабаблъун лъугьунеб бугеб мунагь, гьабулеб бугеб гъибат-бугьтан, цогидал хIакъир гьари ва гьелъул гIемер кIварги гьабулеб гьечIо.

 

Интернеталъул социалиял гьиназда лъугьунеб бугеб бихьараб мехалда, ракIалде бачIуна Аварагасул ﷺ хIадис: «Унго-унгоги тIаде щвезе буго заман, гьереси бицунел чагIазда гIадамал цIикIкIун божулел, хIакъаб бицунезда божуларел, хиянатчагIаздехун жидер божилъи цIикIкIун букIине бугеб, божилъи гьабизе рекъараздехун щаклъиги лъугьун, бицунеб рагIиги гьадингосел чагIазухъ букIине бугеб», - абураб.

Жеги, социалиял гьиназдасан тIибитIизабулеб буго пуланасул сурат, хъвалеб буго гьев къватIив чIвазавун батIи-батIиял комментариял. Амма къокъаялъул тIалаб гьабулесда ракIалдецин кколеб гьечIо гьеб кинабго мунагь гьабиялъе сабаблъун ккарав жив вукIин ва ахираталда Аллагьасда цебе гьелъухъ жинца жаваб кьезе кколеблъи. Аварагасул ﷺ хIадис буго: «Щив чи вугониги жинца цо кинаб бугониги мунагьалъулъ бащдаб рагIиялдалъунги кумек гьабурав, гьевги гьеб мунагьалъул гIахьалчилъун вукIуна», - ян.

ХIисаб гьабураб мехалда, гьеб киналъего сабаблъун дол къокъабазул бутIрул кколел руго, Аллагьасда цебе гьелъул жаваб кьечIогоги гьел кире рорчIилел? Амма комментария хъвалевги кантIизе ккела, сабаблъун ккарав къокъаялъул бетIер ватаниги, гьеб гьабулев живго вукIиналде, гьелъул жинцаги жаваб кьезе ккеялде.

Гъибат-бугьтаналъул бугеб мунагьалъул гIемер баян гьабураб буго. Аварагас ﷺ абун буго: «ЦIуни гьабе цогидал какиялдаса, гьеб зинаялдасаги квешаб буго. Зина гьабурас тавбу гьабизе бегьула ва Аллагьас къабул гьабизеги бегьула. Гъибат, мацI гьабурасдаса Аллагь тIаса лъугьунаро, жиндаса гьабурав тIаса лъугьун гурого», - ян.

Цо нухалда Аварагас ﷺ асхIабзабазда цIехон буго: «Бицинищ нужее Аллагьасул бищун гIодорегIанал лагъзазул?» - ин. «Бице, я Аллагьасул расул», - ан асхIабзабаз абидал, Аварагас ﷺ абун буго: «Гьел руго жидеца мацI гьабун хабар тIибитIизабулел, цоцазе рокьулезда гьоркьоб рикьи гьабулел ва гIайибго гьечIел гIайибияллъун рикIкIунел гIадамал», - ян. Цоги хIадисалда буго: «Нужер бищун Аллагьасе рокьуларел чагIи руго жидеца мацI гьабулел, гьелдалъун гIадамазда гьоркьоб рикьиги питнаги лъугьинабулел», - ан.

Нилъеда шаригIаталдасан лъала гъибат, бугьтан, мацI гьаби гIадал квешал гIамалал Къуръан-хIадисалъ баянго хIарам гьарун ругеблъи, жал гьариги кIудиял мунагьазде гъорлъе унел.

РачIа нилъ бицунелъулги хъвалелъулги тIалаб гьабун рукIине.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...