Аслияб гьумералде

Ингилисазул жасус

Ингилисазул жасус

(Байбихьи цересел номеразда)

 

Бусурбабазул къвакIарал рахъал риххизариялъе ва загIипал рахъал тIиритIизариялъе квербакъулел малъа-хъваялги кьун руго тIехьалда.  Гьединго, гьел мурадал тIуразариялъе ресалги рихьизарун руго. ЗагIипал рахъал цIикIкIинариялъе рехсон руго гьадинал ишал:

 

  1. Цоцазулгун бичIчIи гьечIел халкъазда гьоркьоб рокьукълъи кутаклъизаби, шигIитазул пикраби тIиритIизарун, тушманлъиялде гьесизарулел тIахьал къватIире риччан, гьелъул хIасилалда гьел цоцаздаса ратIатIун ва дагIба-рагIиялда рукIине.
  2. Мактабал (школал) рагьизе ва тIахьал рахъизе квалквал гьабизе; тIагIинаризе ва рухIизе диниял тIахьал, диниял хIалтIухъабазда бугьтанал лъей цIикIкIинабизе, бусурбабаз гьезда цере цIализе лъимал ритIичIого рукIине ва гьелъул хIисилалда бусурбаби жагьиллъиялда хутIизе.
  3. Гьел божизаризе дунялалъе гIоло квалквадизе кколарин абураб жоялда.
  4. ХIукуматалъул нухмалъулел гьесизаризе вахIшияллъун, бокьа-бокьараб гьабулеллъун рукIиналде. ХIакъикъаталдаги, Абубакар, ГIумар, ГIусман, ГIали, амавидал ва гIаббасидал, ай гьезул щивав вачIана хIакимлъуде рагъул къуваталда мугъчIвайги гьабулаго. Ва кверщел гьабулеб букIана гIицIго жидецаго. Масала, Абубакар халифлъун вахъана ГIумарил хочодалъун. МутIигIлъи загьир гьабизе бокьичIезул рукъзалги рухIун, ФатIимал рукъ бухIараб гIадин. (Жидедаса Аллагь разилъаял Абубакар, ГIумар, ГIусман, ГIали ТIадегIанасул хIукмуялдалъун рахъине кколел рукIана халифаллъун, гьелъул бицун буго хIадисазда.  Амма гьев цонигиясе халифлъи щвеялъул чIезабураб заман бихьизабун букIинчIо гьениб.  Аллагьасул Расулас гьел суалазул хIукму гьаби халифал рищизе кколел рукIарал асхIабзабазда тIад лъун букIана. Халиф вищулаго асхIабзабазул хIукму лъабиде бикьун букIана. Халифлъи кколароан ирсалъе кьолеб магIишатлъун.  Къанунияб къагIидаялда рекъараб букIана тIоцеве халифлъун  вищизе  Абубакар. Щайгурелъул гьес жинцагоги босун букIана ислам, гьелде батIиялги ахIулел рукIана, Аварагас гьев имамлъунги тун вукIана, Живго Расулас бана гьесда хадуб как ва Аварагасда цадахъ Мадинаялдеги гочана гьев. Цо-цоял рачIана ГIалихъе ва гьенив кIалъана Абусуфян:

- Цебе битIе дурго кваранаб квер. Дица ритIухълъиялъе гьа бала дуе.  Дуе бокьани, дица гьаб сверухълъи лъелго унезул ва рекIаразул цIезабила, - ян.  ГIалица гьесул калам къабул гьабичIо ва абуна:

- Нужее Ислам бикь-бикьи-забизейищ бокьун бугеб? Дун рокъоса къватIиве вахъине гьечIо. Халифлъун вахъиналъе гIоло гуро дир гIакълу босун араб, дие цIакъ захIмалъана Авараггун ватIалъи, - ян.

  Гьев ана мажгиталде, гьениб киназдаго цебе Абубакарие гьа бана. Ва Абубакарица абуна:

- Дие бокьун букIинчIо халифлъун ккезе. Рес гьечIого къабул гьабуна гъалмагъир багъаричIого букIине. 

Ва ГIалица абуна:

- Дидаса мун мустахIикъав вуго халифлъун вукIине, - ян.

ГIалица Абубакарие рецц гьабун абурал рагIаби хъван руго «ЛъугIи гьечIеб лазат» тIехьалда. ГIумарица ГIали гьесул рокъове щвезегIан нуха регIана.  Цинги ГIалица абуна:

- Аллагьасул Расул накълулъун хадуб гьаб къавмалда жаниб бищунго аслиял ккола Абубакарги ГIумарги, - ян.

ГIумар халифлъун вахъана Абубакарил малъиялда рекъон. ГIусман абуни пачалихъалъул бетIерлъун лъугьана ГIумарил амруялда рекъон.  ГIалийин абуни хIакимлъуде вачIана хъачагъаб нухалдалъун. Хочодалъун бетIерлъи щвана МугIавиятие. (МугIавият халифлъун ккана ХIасаница гьесие ритIухълъиялъе гьа бан букIун).

Гьелдаса хадуб амавидазул ханлъи ирсилаблъун лъугьана. Гьебго букIана гIаббасидазулги.  Гьеб ккола исламияб дунялалда бетIерлъи щолин зулмуялдалъун абураб магIна.

  1. Къануназдаса нахъе хъвагIазе ккола чIваялдалъул тамихI гьаби. ЧIваялдалъун тамихI гьаби нахъе бахъани, кIвезе гьечIо анархиягун ва хъачагълъигун къеркьей гьабизе. ХIакимзаби тезе бегьуларо талавурчагIазе ва цIогьазе тамихI гьабизе, гьелдаго цадахъ хъачагъал яргъидалъун хьезаризе, гьелдалъун нухазда хIинкъигьечIолъи цIунизе ккола.
  2. Нилъеда кIола гьел унтабазда жанир рукIиналъул ахIвал-хIал цIунизе гьаб хадуб рехсараб куцалдалъун: кинабго лъугьуна Аллагьасул хIукмуялдалъун. Тохтурлъи тIибитIиялдалъун щибниги пайда гьечIо. Абун гьечIищ Къуръаналда: «Дир БетIергьанас дун кваназавула ва гьекъезавула, унтидал сахги гьавула. Гьес хвезавула ва чIагоги гьавула», - ян (сура «Аш-ШугIараъ», 79-80-81 аятал). Гьедин батани, Аллагьасул хIукму гьечIого лъиданиги кIоларо я сахлъизе, я хвалдаса хвасарлъизе. (Ингилисаз, бусурбаби махсароде кквезе, гьересияб магIна гьабула аятазул ва хIадисазул. ТIадегIанав Аллагьас дарабазулъ сахлъи лъун буго. Аварагас амру гьабун буго дараби гьареян. Сахлъизари хIалкIолев Аллагьасдасан буго. Кинабгоги лъугьуна гьезие рихьизарурал гIиллабаздалъун. Гьесги амру гьабун буго гьел гIиллаби кквеян. «Гьес кьола дие сахлъи» абурал рагIабазул магIна    Аллагьас кьолин сахлъиялде рачунел къагIидаби, амма гьел сабабал ралагьизе ва хIасилал ругел гьездаса рищизе нилъецаго кколин абун буго).

Аварагас абуна: «Бихьиназдаги руччабаздаги тIадаб буго хIаракат бахъизе лъай балагьизе», - ян. Цоги абуна: «ХIалкIолев Аллагьасе рокьула хIалтIулел ва тIаде жо балагьулел гIадамал», - ян.

  1. ВахIшилъи билълъанхъизабизе гIоло абе гьадин: «Ислам - дин буго, гьелъул иш - какал рай. Гьеб хIукуматгун кинго хурхараб гьечIо. Гьединлъидал МухIаммадилги гьесул халифзабазулги рукIинчIо я вакилзаби я къанунал». (Дин гьаби гIицIго какал райги, кIалал кквейги, хIеж борхиги гуро кколеб. Аллагьас жеги амру гьабун буго дунявиял ишал гьаризе шаригIаталда рекъон.  Гьебги ккола Аллагьасе мутIигIлъи. Пайдаял ишал тIуразариялъулъ хIаракат бахъи - цоги кIудияб, лъикIаб рахъ).
  2. Экономикияб загIиплъи - цебе рехсараб заралияб хIалтIул тIабигIияб хIасил. Зиян цIикIкIинабизе бегьула магIишат хвезабиялдалъун, дармил гуми гъанкъизарун, базаразда цIаял гъун, сангарал ва кьоял кьвагьизарун, Аллагьасе какал разе чагIи ракIарарал бакIаздаги ва промышлениял центраздаги тIаде лъинал риччан, шагьаразда гIадамаз гьекъолеб лъималде гъорлъе загьру банги. (Балагье, кинал вахIшилъаби хIадурлъулел ругел бусурбабазе жал культурияллъун рикIкIунел ва инсанасул хIукъукъал цIунизе кколин бицунел ингилисаз!)
  3. ХIукуматалъул хIалтIухъаби гъорлъе рехила анищал гьаризе тIамун, пайда щвезе кIвелин хIилла-макру, ламартал ишал гьарун. Гьединго гуккила гьел чIагIдадалъун, азарталъул хIаяздалъун ришват босизе гьесизарун, риба гьабизе, чияр магIишат жидеего кквезе, хъулухъалдаса пайда босун хIукуматалъул гIарац жидерго къваригIелазе хIалтIизаризе тIамун. Гьедин гьабун нилъее квербакъулезе жеги гъира базабизе шапакъатал гьаризе ккола. Хадуб тIехьалда кьун буго гьадинаб малъи: балъгоги тIатунги цIунизе ккола гьединаб хIалтIи гьабулел ингилисазул жасусал, бусурбабазул кверде ккун ругони гьезул кинал ругониги, рес бугелщинал къагIидаби ва гIемераб гIарац хIалтIизабизе ккола гьел хвасар гьаризе.
  4. Рибаялъул киналниги къагIидаби тIиритIизаризе ккола. Хасго тIаде щварал процентаз миллияб экономика хвезаби гуребги, бусурбаби ругьун гьарулел руго Къуръаналда хъваралда данде ине. Щайгурелъул цо къанун хвезабурав чияс бигьаго хвезабула цогиялги. Къуръаналда буго: «Кванаге тIаде бачIараб, кIиго нухалъ кIодо гьабураб». ЧIезабизе ккола киналго къагIидаби кколарин рибалъунин абун. (Къарзалъе кьолеб мехалъ гьеб нахъбуссинабизе кколеб заман чIезабун букIунаро. ЧIезабун бугони, гьел ккола процентал. ШартI лъун бугони цо хасаб къоялъ нахъбуссинабилин, ХIанафил мазгьабалда рекъон гьебги ккола рибачилъи. Гьеб ккола, цо бугониги диргьам тIадлъун нахъбуссинаби гIадабго кIудияб мунагь. Амма бичулеб бугони ирс, чIезабизе ккола гьелъухъ гIарац щвеялъул къо. Гьеб къо тIаде щварабго кьолеб гьечIони гIарац ва гьединлъидал къарз кIодолъулеб бугони яги гьеб кьолеб заман нахъе тIамулеб бугони, гьелда абула цIуниялъул процентилан. Цебе рехсараб аят ккола даран-базаралъулъ букIунеб цIуниялъул процент).
  5. Балагьизе ккола гьезул битIун ккечIел ишазде мугъчIвазе, гьезда данде гIадатиял гIайибал ургъун, бусурбаби гьездаса рикIкIалъизаризе, гьезул гьоркьоблъи хвезабизе.

Нилъер агентазул цо бутIа гьезул куцалда гъорлъ ритIизе руго. Хадуб нилъеца тIамила гьел гIодорегIанасел, чорокал ишал гьаризе. 

Гьел жура-гъуразе руго дин лъазабулел гIалимзабигун ва бусурбаби щаклъизе руго киналго диниял гIалимзабазда, ай гьелги гьединалго ратилин. Гьел жасусал ритIизе ккола Аль-Азгьаралде, Стамбулалде, Нежефалде ва Къарбилаалде жидерго гIалимзабазухъе, бусурбабазул бербалагьи хвезаби мурадалда. Нилъеца рагьизе руго школал ва колледжал, гьенир греказул ва армяназул лъимал гIезаризе руго бусурбабазул тушбабилъун. Бусурбабазул лъимал божизаризе руго гьезул умумул рукIанин бецIал ва жагьилал чагIийин абураб жоялда. Халифасдаса, гIалимзабаздаса ва хIукуматалъул хIалтIухъабаздаса рикIкIалъизаризе гIоло божизарила гьел дол ругин руччабигун кепалда заман тIамулел чагIи, квешал ишазе халкъияб гIарац хIалтIизабулеб бугин ва Аварагасул малъа-хъваязул щибниги гьез тIубазабулебги гьечIин.

  1. Исламалъ чIужугIадан гIодоегIан гьаюлин абураб бербалагьи тIибитIизабиялъе гIоло такрар гьабизе ккола «Бихьинал руччабазда тIад руго» абураб Къуръаналъул аят ва «ЧIужугIадан - тIуянго балагь (квешлъи)» абураб хIадис. (ХIадисалда буго: «ШаригIаталда нахъйилълъуней чIужугIадан ккола алжаналъул рахIмат. ШаригIаталъе гурей, жиндирго нафсалъе мутIигIай чIужугIадан - балагь.

Росасде гьечIей яги язихъай, къоролай йикIа гьей, ялъуни ясгIадан йикIа, хьихьизе ккола инсуца.  ТIубазабичIони гьес гьеб борч, тамихI гьабизе ккола гьесие. Гьелъул эмен гьечIони яги гьев мискинав вугони, гьей хьихьизе ккола рес бугев гIагарав чияс. Гьединавги гьечIони, хIукуматалъ гьелъие пенсия чIезабизе ккола.  БусурбанчIужуялда тIадлъун гьечIо бетIербахъиялъе гIоло хIалтIизе.  Исламалъ киналго ихтияразулъ бусурбанчIужу бусурбанчиясда бащадайлъун гьаюн йиго.  Бихьинчиясда тIад ругелщинал захIмалъаби хIисабалдеги росун, ккезе бегьула ирс тIубунго гьесие щвезе кколин, амма киналдаго тIад хIалкIолев Аллагьас гьанибги чIужугIаданалде рахIму-цIоб загьир гьабун, амру гьабуна гьелъие кьезе вацазе щолеб ирсалъул бащадаб бутIа.

Росас тIамуларо лъади хIалтIизе рукъоб яги рукъ тун къватIиб.  Гьелъие жиндиего бокьун батани ва росасул изну бугони, гьелъие бегьула хIалтIизе бихьинал гьечIеб бакIалда, шаргIияб къагIидаялда ретIа-къан ва щвараб захIматхIакъалъул бетIергьан гIицIго гьей ккола. Лъилниги гьечIо ихтияр гьелъухъа гьеб нахъе босизе яги гьелъие щвараб ирсалде квер бегьизе. ТIамуларо гьей щвараб харж жиндаго тIад яги кинал ругониги рукъалъул къваригIелазда тIад хвезабизеги. Гьеб кинабго чIезабизе ккола росас.

Коммунизмалъул пачалихъазда руччаби тIамула бихьиназда бащадго хIалтIизе. Эркенал насраниязул пачалихъалин абулел улкабазда руччаби бихьиналго гIадин хIалтIула фабриказда, авлахъазда ва нухмалъи гьабулел хъулухъазда. ГIемеразул ракIбухIула росасе анин яги чIужу ячанин, хъизамал ратIарахъиялъул ишазул цIун ругин диваналин хъван букIуна щибаб къойилал казиятазда.

 

(Хадусеб букIине буго)

 

Барият МухIаммадова

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


Суал-жаваб

Шукруялъул сужда кида гьабулеб? Щукруялъул сужда гьабизе суннатаб буго. Гьебги гьабула циндаго ракIалда букIинчIеб бакIалдаса нигIмат тIаде бачIиндал яги жиндаса балагь нахъчIвайдал. Гьединго, суннатаб буго шукруялъул сужда гьабизе квешаб унти бугев яги балагьалде ккарав чи вихьидал, Аллагьас I...


РитIухълъиялъул аслу

Халкъазда цебечIарал масъалабазул цояб ккола адаб гьечIолъи. Хасго гьеб загьирлъула гӀолеб гӀелалда гьоркьоб. Адаб-хӀурмат, яхӀ-намус ккола сахаб жамгӀият букIиналъе лъолеб кьучӀалъул цояб. ГIемерисел масъалаби, захIмалъаби, ритӀухълъи гьечIолъи бугелъулха адаб гьечIолъиялъул...


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...