Аслияб гьумералде

Ингилисазул жасус

Ингилисазул жасус

(Байбихьи цересел номеразда)

 

Дагьаб заманаялъ дир чIей Басраялда букIана. Хадуб, Лондоналде тIадвуссине ккеялъул буюрухъ бачIун дун гьениве ана.

 

Лондоналда дандчIвана секретаргун ва министерствоялъул цо-цо хIалтIухъабигун. Гьениб дица гьарурал щинал хIалтIул хIасилал кьуна. Ираналда хурхарал баяназдаса гьел цIакъ разилъана. Рихьана гьезда дица цере ритIун рукIарал рапорталги. Сафияцаги, дица битIаралда релълъараб, рапорт битIун батана. Дида лъана, киве дун аниги, киса-кирего министерствоялъул хIалтIухъаби рукIин. Гьез секретарасе киналъулго бицун докладал гьарулел рукIун руго.

Дие секретарас министргун дандчIвазе хIадурлъизе заман кьуна. Министрас дун къабул гьавуна ва гьев цIакъ разиго вукIана дица Неждалдаса МухIаммадида тIад кверщел гьабун букIиналдаса. (Гьеб букIана министерствоялъе къварагIараб ярагъ).

- Дуца гьесие кье бокьараб щинаб жо, – ян абула министрас.

Дица абуна:

- Дир цIакъ рахIатхун букIана Неждалдаса МухIаммад сабаблъун, хасго хIинкъун вукIана гьес жиндирго хиялаздаса инкар гьабизе гурин.

- Дур ракI гIодобе биччай. Нуж цоцаздаса ратIалъун хадуб гьев рукIарал къасдаздаса кьуричIо. Исфагьаналда гьевгун дандчIварал нилъер министерствоялъул агентазул рагIабазда рекъон, Неждалдаса МухIаммадица рикьи ккезабиялъул иш гьоркьоса къотIичIого бачунеб буго.

Гьеб бакIалда дица дидаго абуна: «Кин кIвараб гьесда дир балъголъаби батIиязе рагьизе?» - ян. Амма министрасда гьелъул гьикъизе дида кIвечIо. Хадуб, гьев живго вихьидал дида лъана Исфагьаналда гьевгун дандчIвараблъи ГIабдулкарим абурав. Гьес абун буго жив вугин шайих МухIаммадил вацин (ай, дир вацин). Ва гьес жинда бицана дур хIакъалъулъ кинабго жоян.

Гьел рагIабаздалъун агентас Неждалдаса МухIаммад махсароде ккун вуго ва гьесдасан киналниги балъголъабиги лъазарун руго.

МухIаммадица дида абуна: «Сафия дунгун Исфагьаналде йилъана. Нижеца мухьдалаб (заман цIан гьабураб) ригьналъ кIиго моцIги бана. ГIабдулкаримги дида цадахъ Ширазалда вукIана. Гьесда Асия абулей гIадан ятана дие лъадилъун ячине, Сафиядаса гIемерго берцинай. Хадубккун гьей чIужугIадангун, мухьдалаб ригьиналъ, дица тIамуна гIумруялъул бищунго лъикIал лахIзаталги», - ян.

ГIемер заман ун хадуб дида лъана ГIабдулкарим насранияв, нижер министерствоялъул хIалтIухъан кколевлъи, гьесул чIей букIана Жульфаялда. Асия – ширазазул жугьутIай, гьейги – министерствоялъул хIалтIухъабазул цояй. Нижеца ункъазго цадахъ Неждалдаса МухIаммад хIадур гьавуна гьесдаса нижее бокьараб щвезе. Министрасе, секретарасе ва жеги кIиго чиновникасе докладал гьарулеб мехалъ, министрас дида абуна: «Мун мустахIикъав вуго бищунго тIадегIанаб медалалъе, щайгурелъул мун вуго министерствоялъул киналго хIалтIухъабазул тIоцевесев. Секретарас дуе рагьизе руго дуда церелъурал масъалаби тIуразаризе квербакъулел пуланал пачалихъалъул балъголъаби», - ян.

Хадуб дие изну кьуна хъизангун анцIго къо базе. Бищунго разиял лахIзатал дица дирго васгун тIамуна. Гьеб мехалда дир васасда лъалеб букIана цо чанго рагIи абизе, гьесул букIана лъикIаб дида релъараб рилълъин. Гьев дове-гьаниве унаго дида кколаан, дир черхалъул цо бутIа бугин билълъанхъулебин.

Гьеб дир анцIго къоялъулаб отпуск ана цIакъ разиго ва лазаталда. Дие кIудияб рохел букIана ВатIаналде, хъизамалъухъе нахъвуссине щвеялъ. Гьеб анцIго къоялда жаниб дун щвана дирго херай гIагарай чIужуялъухъе, эбелалъул (инсул) яцалъухъе. Гьелъие дун вокьулаан. Адахъе ин цIакъ заманалда ккана, щайгурелъул лъабабилеб командировкаялде дун ун хадуб, гьей накълулъана. Гьелъул хвел дие цIакъ захIмалъана. Отпускалъул гьеб анцIго къо ана цIакъ хехго. Гьединго дида ракIалде щвана Нежафалда дун унтараб заманги.

ЦIиял тIадкъаязда хадув министерствоялде щведал, дида вихьана ворхатав ва рази-ракияв секретар. Гьес кIудияб шавкъгун бачана дир квер ва абуна: «Министерствоялъул ва колониязул ишазул коллегиялъул буюрухъалда рекъон, дица дуе рагьизе буго кIиго кIвар бугеб пачалихъияб балъголъи. БукIинеселда дуе гьел гIемер къваригIине руго. Гьел балъголъаби божарал чагIазда гурони лъаларо», - ян.

Цинги, кверги ккун, гьес дун вачана министерствоялъул цо рокъове. Гьениб дида бихьараб жоялъ дун хIайранлъизавуна. Гургинаб столалда нахъа гIодов чIун вукIана анцIго чи. Гьезул цояв вукIана гIусманиязул падишагьасул ретIелги ретIун. Гьесда лъалел рукIана турк ва ингилис мацIал. Цогидав вукIана Стамбулалъул шейхул-ислам гIадин ретIа-къан, лъабабилев – Ираналъул шагь гIадин, ункъабилев – Ираналъул ханлъиялъул визир гIадин, щуабилев – шигIитаз кутакалда хIурмат гьабулев Неждалдаса бищунго кIудияв гIалимчи гIадин. Ахирисел лъабаздаго лъалеб букIана перс ва ингилис мацIал. Щивасда аскIор рукIана гьез бицунебщинаб хъвалел чагIи.

 Секретарас абуна:

- Гьав щуго чи вуго дора ругезул хIисабалда тарал чагIи. Дора ругезул пикраби лъазе гIоло, нижеца гьал хIадур гьаруна. Нижеца гьезда рицуна Стамбулалдаса, Ираналдаса ва Неждалдаса щолел баянал, гьез гьел къабул гьарула жал дора гIодор чIун ругел чагIаз гIинтIамулеб хIисабалда. Нижеца чIезабуна, гьанир ругезул жавабал дозулалда данде кколин нусгоялда гьоркьоса лъабкъоялда анцIго бутIаялъ. Бокьани, хIалбихьиялъе дуцаги гьикъе щиб бугониги, - ян.

Дун гьелда тIадрекъана ва Неждалдаса гIалимчи вугин тарасда аскIовеги ун, абуна:

- Дир нухмалъулев, бегьулищ нилъее сунниталлъунги рукIун нилъерго хIукуматалъул тIадчагIазде данде рахъине?

Цо дагьалъ ургъизеги ургъун, гьес жаваб кьуна:

- Бегьуларо, щайгурелъул нилъ ккола суннитал, нилъерго хIукуматалда данде рахъине нилъее изну гьечIо, бусурбаби вацал кколелъул. Амма гьел тIадчагIаз халкъалъе зулму гьабулеб бугони, гьел къварилъиялде тIамулел ругони, нилъер ихтияр буго кодоб ярагъгун гьезда тIаде ине. ТIадчагIаз жидерго зулму тани, нилъецаги тела гьезда данде рахъин.

- Дир насихIатчи, жугьутIал ва насраниял чорокаллъун кколин абураб пикруялъул рахъалъ нужер бербалагьи кинаб бугеб?

- У, гьел чорокал руго, гьездасан рикIкIад чIезе ккола.

- Щай?

- Чороказдаса диналъул рацIцIалъи цIунизе ккола. Щайгурелъул гьез нилъ рикIкIуна къосараллъун ва нилъер свалат-салам лъеяв МухIаммад аварагасдасаги инкар гьабулеб буго. Нилъин абуни ккола хIакъикъаталъул рацIцIалъиялда жанир ругеллъун.

Дица абуна:

- Я дир насихIатчи, рацIцIалъи – диналда, божелалда жаниб буго, гьедин гурищ? Батани, щайха тухум тIадегIанав ГIали вукъун вугеб «Сахну-шериф» абулеб хабалазул бакIги ва гьелде унел нухалги рацIцIадго гьечIел? Жалго мадрасабицин рикIкIине бегьуларо рацIцIадаллъун.

Жаваб букIана гьадинаб:

-У, рацIцIалъи диналъулъ буго, амма щибха гьабилеб шигIитаз гьеб цIунулеб гьечIони.

Нижер министерствоялъул хIалтIухъанасул гьеб жаваб рагIи-рагIиккун релълъараб букIана Неждалдаса дов унго-унгояв гIалимчиясул жавабалда.

Гьев чиясул Неждалдаса гIалимчиясулгун бугеб релълъеналъ дун хIайран гьавуна. Гьелда тIадеги, гьанив вугесда перс мацI лъалеб букIана бацIцIадго.

 

(Хадусеб букIине буго)

 

 

Барият МухIаммадова

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


ХIикматал махлукъатал

Оляпка   Гьеб буго гIажаибаб хIинчI. Къадако хIанчIазул тайпабаздасан кколеб гьеб буго лъелъе кIанцIизе ва жаниб хьвадизе гьунар бугеблъун.   Гьеб букIуна цIорорал хехчвахулел мугIрузул лъаразул рагIаллъабазда. Лъелъеги кIанцIула квачаялъухъ хал гьабичIого. Лъелъе кIанцIула квен...


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...