Аслияб гьумералде

Аварагас ﷺ кванаялде гьесизарураб

Аварагас ﷺ кванаялде гьесизарураб

Аварагас ﷺ кванаялде гьесизарураб

Нилъер гьаб заман буго, цебе батIи-батIиял пачалихъаздаса рачIунел рукIинчIел нигIматалги щун, киналго ресал гьарзалъараб. Гьанже рес буго, гIадатияб тукаде анигицин, кьер-кьерал тIагIамал росизе ва бокьараб квен-тIех гьабизе.

 

Гьаб заманалда машгьуралъараб, чорхое цIакъ пайда бугеб жо ккола «Талбина» абураб гIарабазул карш. Гьеб ккола тIахьдигун цадахъ бугеб ролъол пурчIинадул лъеда яги рахьдада, кваназегIан цебе гьоцIоги тIаде рехун, гьабураб карш. Кваналелъул гьелда тIаде жеги журазе бегьула ракъвазабурал пихъалги. Гьеб хIалтIизабиялде Аварагасги ﷺ гьесизарулаан. «Талбинаялъ чехь унтабаздаса бацIцIад гьабула, нужеца лъеца чурун гьумер чороклъиялдаса бацIцIад гьабулебго гIадин», - абун буго ибну Мажагьидаса бицараб хIадисалда. Гьединлъидал, ракъидал гIорцIизе кванай гуребги, талбинаялъул карш буго черхалъе пайдаябги.

Гьанжесел гIалимзабаз абулеб буго гьелъ кумек гьабулин рекIел унтаби, бидурихьал данде къай, чакрил къадар бидулъ цIикIкIин, бидул тIадецуй бахин, бакьазул, кIващул гIуцIиязда лъугьунел унтабазде данде къеркьезе. Пайдаяб бугин бакьазда рак унти ккезе гьукъизе, кванирукъ ва ургьисалаби рацIцIад гьаризе, чехь тамах гьабизе.

Гьелъ цIакъ пайда гьабулеб буго ургьимес заралиял шлаказдасангун токсиназдаса бацIцIалъизабизе, иммунитет бахинабулел гIуцIаби лъугьинаризе.

Лъималазул гIейги къуватлъизабулеб буго.

ЧIезабун буго пурчIинадул гьохъ бечедаб бугин витаминаздалъун ва минералиял гIуцIабаздалъун.

Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Талбинаялъ кумек гьабула унтарасул ракI гIодобе биччазабизе ва къварилъигун пашманаб хIалалъул бутIа цадахъ босунги уна», - ян. (Бухари)

Аварагасул ﷺ лъади ГIаишатица, гIагарав чи хведал, руччабазда малъулеб букIун буго талбинаялъул карш гьабизе ва абулебги букIун буго: «Нужеца гьеб кванай, щайин абуни дида рагIун букIана Бичасул Аварагас ﷺ абулеб, талбинаялъ пашманлъи нахъе босулин», - абун (Муслим).

Нилъер руччабазеги лъикIаб букIина хварав гIагарав чи вукъун хадуб талбинаялъул карш хIадур гьабизе ва данделъаразе кьезе. Кваналеб нигIмат Аллагьас ﷻ пайдаяблъун гьабеги нилъер черхалъе. Амин!

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...