Аслияб гьумералде

Хаслихълъиялъухъ гьоболлъухъ

Хаслихълъиялъухъ гьоболлъухъ

Хаслихълъиялъухъ гьоболлъухъ

Хаслихълъи тIаде щведал цо-цо унтабиги загьирлъула. Гьеб буго гьава-бакъ хисиялда бараб жо. Риидалил хинаб заманалда эркенго рукIарал гIадамал, хаслихълъиялъул гьогьомиялдегун цIадазул риччелазде бигьаго ругьунлъуларо ва гьединаб хIалалъ къаркъалаялъул низамги хисизабула. Гьединаб заманалда иммунитет загIиплъула, гьелда бан цо-цо унтабиги загьирлъула.

 

Хаслихъе рагъарула квачалъул унтаби. Макьихин, мегIерччин, ухIуди бакки, цIа бахин бищунго тIиритIарал унтабилъун ккола гьаб заманалда. Гьединаб мехалъ тохтурзабаз лъикIаблъун бихьизабулеб буго хIалтIулгун хIухьбахъиялъул заманалда хадуб хъаравуллъи кквеян, цIакъго гIорхъолъа иналдаса цIунун. Микьго сагIаталъгIаги кьижизе кколин рикIкIуна тохтурзабаз.

Кванил низамги цIунизе кколин абула гьез. Кванилъ букIине рекъараб буго белковияб (гьан, ччугIа, ханал) квен, шарил ва хурдузул нах, гьединго рахьдал нигIматал (бетарахь, нису, щар), сокал ва пихъалгун овощал. Витаминал хIалтIизаричIогоги гIоларо, хасго А, Е ва С. 

Иммунитет щулалъиялъе кумек ккола бацIцIадаб гьава бугеб бакIалда хьвадиялъ. Гьединго черх щула гьабула контрастнияб душ гьабун къаркъала лъадариялъги.

КъватIул унти тIибитIараб заманалда гIемерал гIадамал данделъараб бакIазде иналдаса цIунун чIезе ккола. 

Цоги, лъикIаблъун бихьизабулеб буго хинаб ретIел ретIи.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...