Аслияб гьумералде

Чорхое лъикIаб асар

Чорхое лъикIаб асар

КӀал кквеялъ инсанасул сахлъиялъе гӀемераб лъикӀаб асар гьабула. Гьезда гьоркьоса бищунго аслияблъун ккола гьелъ иммунияб система щула гьаби. КӀал кквеялъ хӀалтӀизарула клеткабазул системаби, гьез жидерго жанисеб цӀуни цӀикӀкӀинабула ва къватӀисеб яги метаболизмалъул стрессалдаса зарал ккарал молекулал нахъе инарула яги къачӀала.

 

Гьелъ бигьалъизабула иммунниял клеткаби гIадалнахулъе лъугьине ва гьел гьенир щулалъизе, щайгурелъул гьелъ унтиялдаса бигьаго ва хехго сахлъизе рес кьола. Клеткабазе кколеб зарал дагь гьабула, клеткабазде гъорлъе воспаление ккей ва ракалъул клеткаби лъугьине риччаларо.

КӀал кквеялъ бидулъ чакаралъул даража гӀодобе ккезабизе бегьула, глюкоза гуреб, энергиялъул кьучӀ хӀисабалда нахул, ай кьаралъиялъул клеткаби хӀалтӀизариялъе кумек гьабиялдалъун. Гьелъ, жиндирго иргаялда, лъикӀаб асар гьабула метаболизмалъул унтабазе ва бидул тӀадецуй ккеялъе.

КӀал кквеялъ лъикӀаб асар гьабула бакьазул флораялъе ва квербакъула заралиял микробазде данде къеркьолел пайдаял бактериял гӀезаризе. Гьелъ рес кьола черхалъе жиндирго энергия квен биинабизе хӀалтӀизабизе гуреб, цогидал системаби хIалтIизеги. Гьеб рикӀкӀине бегьула черхалъе энергия цӀуниялъул цо формалъун, квен хӀалтӀизабиялъул процессалъе къваригӀунеб букIиндал гӀемераб къадар энергиялъул.

 

Рамазан моцӀалъ кӀал ккуразе тохтурзабазул малъа-хъваял

– ГӀаммаб гигиенаялъул къагӀидаби. Къаси рокъобе цIияб гьава биччазе. Щибаб къоялъ рокъоб рацIцIалъи гьабизе. ТӀабигӀияб ххамалдаса гьабураб ретӀел ретӀине.

– Физическиял хӀалтӀаби гьари. Физическиял хӀалтӀаби гьариялдаса рикӀкӀалъе, гьездаго гьоркьоб спортзалазде, саунабазде ва ахикь-хуриб хӀалтӀи гьабиялъул къадар дагь гьабе. Кванан хадубго кьижизе бегьуларо, щайгурелъул кванан хадуб кванирукъалъуб баккула солянияб кислота. ЦӀураб чехьгун кьижани, кванирукъалъуб бугеб квен къватIибего бачIиналда хӀинкъи цӀикӀкӀуна. Хасго гьеб данде кколаро гастроэзофагеалияб рефлюксалъул унти бугел унтаразе.

– КӀал кквеялде черх рекъезаби. КӀал кквеялъул тӀоцебесеб къо ккола черх ругьунлъулеб ва стрессалъулаб заман. Амма гьеб ккола пайда бугеб стресслъун. КӀиго-лъабго къоялдаса черх ругьунлъула гьеб низамалде.

– Кванил тартиб цIуни. Кваназе ккола хасаб къадаралда. Рогьел рехилалде гӀемераб кванай, бакъ тӀерхьун хадуб тIадагьаб кванай. ТӀагӀамаб, сахлъиялъе пайдаяб, витаминаздалъун бечедаб квен кванаялъ черхалъе чIаголъи кьола.

КӀал ккурал гIадамал рикӀкӀад рукӀине ккола цӀикӀкӀун кванаялдаса ва тӀубанго чехь цӀезабиялдаса. Черх цӀун бугин абураб сигнал гIадалнахалде щоларо кванан хадуб 20-30 минуталдасан гурони. МухӀаммад аварагас ﷺ абуна: «Адамил васасул (инсанасул) цӀезабизе бегьулеб бищун квешаб къвачIа ккола чехь. Жиндирго къуват цӀунизе хӀажатаб къадаралда квананиги гӀола инсанасе», - ян.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...