Аслияб гьумералде

Къуръаналда хадуб кьучIаб

Къуръаналда хадуб кьучIаб

Имам Бухари ккола хIадисазул кьучIаб тIехьалъул автор. Гьесул цIар ккола МухIамад бин ИсмагIил бин Ибрагьим бин Мугъират бин Бардизбах, Бухара абураб шагьаралдаса.

 

Бардизбах цIадуе лагълъи гьабулев вукIана ва исламги босичIого хола. Гьесул вас Мугъиратица (Бухарил кIиабилев кIудияв эмен) Бухариялда ислам къабул гьабуна Яманиясул вагIза сабаблъун.

ГIалимзабазул пикруялда рекъон, Бухари гьавуна гьижрияб 194 соналъ ва хвана 256 соналъул шамат къоялъ, Рамазан моцIалъул ахирисеб сордоялъ. Гьев вукъула къаденахъе кIалбиччаялъул гIидалъул байрамалъул къоялъ Самаркъандалда аскIоб бугеб Хартанк абураб росулъ.

Бухари гьитIинго беццлъана. Гьесул эбелалъ гьесие ракI-ракIалъ дугIа гьабуна Аллагьасда ﷻ гьарун беразул канлъи гьесие кьеян. Цо къоялъ гьелда макьилъ Ибрагьим авараг вихьула: «Дур гIемерал дугIаби сабаблъун Аллагьас ﷻ дур васасасул беразул канлъи тIадбуссинабуна», - ян абула гьес.

Ибну Абу ХIатимица Бухариясда гьикъула: «Дуца кин байбихьараб хIадис лъазабизе?» - ян. Бухарияс жаваб кьола: «Дие илгьам гьабуна библиотекаялъул тIахьаздаса хIадисал рекIехъе лъазаризе. Гьеб мехалъ дир букIана 10 сон. ХIадис лъазабун анцIго къо индал дун библиотекаялдаса къватIиве вахъана ва байбихьана Дагьил абурав гIалимчиясул дарсазде хьвадизе.

Гьелдаса хадуб эбелги, вацги, дунги Маккаялде, хIежалде ана. ХIеж лъугIидал дир эбелги вац АхIмадги тIадруссана, амма дун Маккаялда чIана хIадисал цIализе.

18 сон бараб мехалъ дица байбихьана асхIабзабазул, табигIиназул, гьезул рагIабазул хIакъалъулъ тIехь хъвазе. Гьеб заманалда жаниб дица хъвана «Тарих» абураб тIехь. (18 сон барав чияс хъвана жакъа къоялде щвезегIанги исламияб гIелмуялъе кьучIлъун хутIараб анцIго томалъул тIехь).

Гьесда цадахъ цIалулев ГIумар Ашкъарияс бицана: «Ниж Басраялда хIадис цIалулеб мехалъ Бухари чанго къоялъ дарсазде вачIинчIо. Нижеда гьев рокъов ретIелги кодоб гъурущги гьечIого ватана. Цинги нижеца гьесие гIарацги бакIарун ретIел босана. Гьединал захIмалъабаздалъун гьесие гIелму щвана».

Сулайм бин Мужагьидица бицана МухIамад бин Саламихъе гьоболлъухъ щвараб мехалъ гьес абунин: «Мун дагьав цеве вачIун вукIаравани дуда вихьизе вукIана 70 азарго хIадис рекIехъе лъалеб лъимер», - ян. Гьес абулеб лъимер букIана имам Бухари. ХIакъикъаталда гьес бицухъе иш гьедин букIинеги букIана. Басраялъул гIадамал гIолохъанав Бухариясда хадур лъугьун рукIана хIадисалъул гIелму тIалаб гьабун, гьев гIолохъанчи вукIаниги жеги гьурмада рас бижичIев. ГIадамаз гьесул рагIабаздасан хIадисал хъвалел рукIана. Гьесда сверухъ цо-цо мехалъ азар-азар чи вакIарулаан. Балагьеха, диналъул вацал ва яцал, гьитIинаб къоялдаса бахъараб кинаб гIищкъу гьезул букIарабали гIелму тIалаб гьабизе.

 

Имам Бухариясул хIалбихьи

Бухариясул цIар машгьуралъараб мехалъ цо-цо гIалимзабазул хIукму ккана гьесул хIалбихьи гьабизе. Гьединаб захIматаб хIалбихьи цониги хIадис-гIелмуялъул гIалимчиясда дандчIван батиларо. Гьелъие гIоло данделъана анцIго гIалимчи, гьезул щивас хисизарурал хIадисал Бухариясда рицунел рукIана. Хисизабураб хIадис рагIидал, имам Бухарияс абула: «Дида гьединаб хIадис лъаларо», - ян. ХIакъикъаталдаги гьеб букIана букIинчIеб хIадис. Бухарияс жинда гьединаб хIадис лъаларин абидал, гIалимзабазда кинабго бичIчIула, амма гIадатиял гIадамазда ракIалде ккола гьесда гьеб хIадис лъаларин.

АнцIавго гIалимчияс гьесие суалал кьун хадуб Бухарияс байбихьула хисизабураб щибаб хIадис жинди-жиндир бакIалда лъезе. ГIадатиял гIадамалги гIалимзабиги мукIурлъула имам Бухари хIадис-гIелмуялъул кутакав махщелчи вукIиналда.

 

ГIалимзабазул рецц-бакъ

Имам АхIмад ибну ХIанбалияс абуна: «МухIаммад бин ИсмагIил (Бухари) гIадав чи жеги Хурасаналдаса ваккичIо», - ян.

ГIабдуллагь ал-Муснадияс абуна: «МухIаммад бин ИсмагIил имам вуго, гьев имамлъун рикIкIунарев чиясда божилъи гьечIо», - ян.

МухIаммад ибну Якъубияс бицана имам Муслимица Бухариясда цеве гIодов чIун гьесие суалал кьолел рукIанин, лъимералъ мугIалимасда гьикъулеб гIадин

СалихI бин МухIаммадица бицана: «Имам Бухари Багъдадалда дарсал кьолеб мехалъ гьесул дарсазде данделъулаан 20 азаргоялдаса цIикIкIарав чи», – ян.

 

Гьесул мугIалимзаби

Имам Бухариясул мугIалимзаби гIемерал рукIана. Гьезда гьоркьоса бищун машгьураллъун ккола имам АхIмад бин ХIанбал, ИсхIакъ бин Рагьувайгь, Азакъи, Мутарриф ва гIемерал цогидалги.

Гьесул цIалдохъабиги цIакъ гIемер рукIана. Фаррабияс абуна, 70 азаргогIанасев чиясда рагIанин Бухариясул хIадисазул тIехь.

Бухарил тIехь рагIарал имамзабазда гьоркьоса ккола имам Муслим, имам Тирмиз, ан-Насаи, Абу ХIатим, Абу Зарат ва цогидалги.

 

Имам Бухарил кьучIаб тIехь

Гьелъул машгьураб цIар ккола «СахIихIул Бухари».

Гьеб ккола тIоцебесеб тIехь жиндилъ кьучIаб гурони хIадисал данде гьаричIеб. ГIалимзаби тIадрекъана инсанас хъваралщинал тIахьазда гьоркьоб бищунго мугъчIвай гьабизе бегьулел Бухарилги Муслимилги тIахьал рукIиналда. ГIемерисел гIалимзабаз абуна имам Бухарил тIехь Муслимил тIехьалдаса цIикIкIун кьучIаб букIин.

Гьеб тIехь имам Бухарияс данде гьабуна 16 сон байдал. Имам Бухарияс абуна: «Дица дир тIехьалъул цониги хIадис хъвачIо какичурун ва кIиго ракагIат как бан гурони», - ян.

Имам Бухарияс абуна жинца гьеб тIехь данде гьабунин 600 азарго хIадисалдасан. Гьеб тIехьалъул хIадисазул къадар 7275 буго, такрарлъарал хIадисал цадахъ рикIкIун, гьел рикIкIинчIого 4000-гIанасеб буго.

ХIадисал ракIарулаго имам Бухарияс кIудияб манзил тана. Имам Бухарияс гьел хIадисал къаси вахъун гIемер такрар гьарулел рукIана. Гьев вукIана къуватав, рухI бугев чи. Гьединго чодаги лъикI рекIунаан ва чIорбутIги лъикI речIчIулаан.

 

Имамасул ахирисел къоял

Васият гьабун хадуб чанго дугIаги цIалун гьев Самаркандалде унаго нухда хвана ва вукъула Самаркандалда аскIоб бугеб Хартанк абураб росулъ.

Ас-Субкияс жиндирго «Табакъаталда» бицана ГIалиб бин Жибрилица абунин: «Нижеца гьев вукъараб мехалъ, гьесул хабадаса берцинаб махI бачIана. Гьеб махI гIемерал къояз чIана. Гьелъул хабар гIадамазда гьоркьоб тIибитIула ва гьел хIикмалъизарула», - ян.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-05-01 (ЗулкъагIида 1447 с.) №9.


ХIикматал махлукъатал

ГIанкI   ГӀемерисез гIанкI рикIкIуна хIинкъараб рухIчIаголъи-лъун. Амма гьеб буго кутакалда сихIираб ва бекеризе гьунар бугеб.   Заман бихьун гьелда кIола тIомол расул кьер хисизеги. Кьер хисиялъ кумек гьабула бахчизе. Гьеб бекерула 70-80 километрги сагIтие тун. Амма борчIизе рес...


ДугIаялъул къибла

Аллагьасда ﷻ гьардолеб мехалда бусурбаби, квералги рорхун, зодоре ралагьула. РакIалде ккезе рес буго ТIадегIанав Аллагь лъова тIад вугин абун. Амма гьеб бичIчIи мекъаб буго.   Цо-цо гIалимзабаз баян гьабуна, как базе КагIба къибла букIунеб гIадин, зобги дугIаялъе къибла бугин абун. Гьелъие...


АлхIамалъул хIикмат

Бокьараб как балеб мехалъ чияс щибаб ракагIаталда цIалула «ФатихIа» сура. Гьеб «ФатихIа» сура гурони цониги сура чIоларо какилъ гьеб цIализе хIалкIолев чиясе. Лъаларезе, гьанже ругьунлъулезе батIияб хIукму буго.   ГIубада ибн ас-Самитица бицана Аварагас ﷺ абунин:...


Нужее баяналъе

  Киталъул чохьониве щив авараг ккарав? – Юнус авараг. Маккаялъул сураби чан ругел? – 85. Мадинаялъул сураби чан ругел? – 29. МоцI чан нухалъ рехсараб Къуръаналда? – 12 нухалъ. Къуръаналда бугеб бищун кIудияб къиса щиб? – Юсуф...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГIабдулаева ХIалимат, 7 сон, Зило росу. ГIабдурахIманова Меседо, 8 сон, КIудиябросо. ГIабдулгIазизов АхIмад, 6 сон, Ленинаул росу. Дадаев Исрафил, 11 сон, Хубар росу. Давудбегова...