Шагьидзаби кIочон гьечIо
Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна. ГIабдурахIманил эмен ккола МухIаммад Аца, гьесул эмен-ЯхIя-хIажи, гьесул эмен МухIамадгIали, гьесул эмен ХIажияв ва гьесул эмен ГIамирхан. СагIид Афандиясул кIудияв инсул эмен ЯхIя хIажи вукIана имам Шамилил гIарадачагIазул нухмалъулевлъун.
ГIуриса ХIусенил МухIамад Афандиясул муридлъун йикIана КIудиясул эбел - мунагьал чураяй ГIайшат. Гьелъ бицунаан СагIид ургьив вукIаго, жинда хIикматал макьаби рихьулел рукIанилан. Цо сордоялъ гьелда макьилъ бихьун буго васасул кинигун цадахъ зодоеги йоржун, тIаса гIодое, цIунцIрабазул гохIал гIадал, шагьаразухъ балагьун. Кинида вукIаго, инсуца гьитIинав СагIидил гIинзунибе "АлхIам" гIемер цIалулан ва абулаан гьасул цо батIияв чи лъугьине вугилан. Гьесул анищ букIана васасул гIалимчи вахъинавизе.
ГьитIинаб къоялдаса нахъего СагIид вукIана гIодове виччарав, гIамал берцинав, жинца кIудиязул адаб-хIурматги гьитIиназда гурхIелги гьабулевлъун ва кьураб рагIи кколевлъун. СагIидица анкьго сон бараб мехалъ гьесул эмен Аллагьасул къадаралде щвана. Гьеб букIана Къуръан цIалулев вас СагIид "Ясеналде" щвараб заман. Эбелалъул кумекалдалъун гьитIинав СагIидица Къуръан лъугIизабуна.
ГьитIинаб къоялдаса нахъе хIалал-хIарамалда гьоркьоб цIакъ гIорхъи чIварав чилъун вукIана СагIид Афанди. Цо къоялъ росдал колхозалъул ахикьа рачIунел руччабаз цIолбол хьоп кьедал, вукIинисев устарас гьеб босизе инкар гьабуна. Щай дуца гьеб босичIебан гьикъидал, гьес абун буго гьеб жиндие хIарамаб бугилан. Цоги нухалъ Гелбахъалде ролъалда хадув арав СагIид Афанди рокъове щвейгун, тIадвуссине къачIана. Мун киве уневан гьикъидал, гьес абуна гьал жиндир хьитазда жанире ккарал тIорал бетIергьабахъе нахъруссинаризе Гелбахъалде унев вугилан.
ЧIикIаб росдал школалда анкьго классги лъугIизабун, гьев мубарак бетIербахъиялъе гIиял вехьлъун хIалтIизе лъугьана. Гьелдаса нахъе ункъо соналъ вехьлъиги гьабун, армиялде ана гьев. СагIид Афандияс 1955-1958 соназ рагъулаб хъулухъ гьабуна Литваялъул Каунас шагьаралда. Армиялда вукIаниги, гьес цониги какги кIалги гьоркьоб течIо. Армиялдаса нахъвуссун хадусаги, СагIид Афанди магIарде добго вехьлъи гьабизе ана.
Кидаго какги ахIун, къаматги гьабун балааан гьев мубаракас мегIер-гIалахалда щибаб как гIазу-цIад балеб къо букIаниги.
Жеги гIолохъанго вукIаго, гIадамаз тIарикъаталъул бицунеб рагIидал, СагIидица абулаан гьаб ахир-заман бугин, гьанже тIарикъаталъул устарзаби рукIунарилан. Цадахъ вехьлъун вукIарав ЧIикIаса ГIисахIажица тIарикъат босун бугин рагIидал, гьев вихьизе цIакъ гъираялда вукIана КIудияв. ГIиса-хIажияс бицана СагIид Афандиясда тIарикъат щиб жо кколебали. Цинги гьес ГIисахIажихъе жиндирго чIумал кьуна Инхоса ГIабдулхIамид Афандиясда гьезда тIаде дугIа гьабеян абизе. Инхоса КIудияс ЧIикIаса муридзабазда кидаго цIехолаан: "Нужер росу рагIалда цо бесдалав мубаракасул рукъ буго, гьев кин вугев?", - абун. Инхоса КIудияс СагIид Афандиясухъе шазалияб тIарикъаталъул вирд битIун бачIана. Гьеб букIана 1969 соналъул риидалил заман.

Гьелъул хIакъалъулъ КIудияc жинцаго гьадин бицунеб буго: "Дида кIочонцин букIана ГIиса-хIажихъе чIумал кьун рукIараблъи устарасухъе росизе. Ихдал дуца устарасухъе чIумал ритIун рукIаралищан гьикъана дида. РукIанин абуна дица. Гьалеха, дуе тIарикъат битIун бачIун бугин абуна гьас. Щиб жо гьебин гьикъана дица. Записная книжка гьечIищила духъ гьеб хъвазеян гьикъана дос. ГьечIин абуна дица, рокъоб бугин. Босун книжкагун вилъана, цинги хъвана гьас дие нус-нус, гьале дуе бачIараб тIарикъат бугин гьабиланги абун. Гьедин байбихьана тIарикъат гьабизе". Шазалияб тIарикъаталъул вирд гьабизе байбихьаралдаса нахъе тIубанго хисана СагIид Афандиясул гIумру, гIамал-хасият. Гьес хIукму гьабуна вехьлъиги жибго тун, тIубанго гIелму цIалиялде вуссине.
ЛъагIелгIанасеб заманаялъ вирдги гьабун, ана СагIид Афанди тIоцеве Инхоса КIудиясухъе. Вихьарав къоялдаса нахъе устарги рекIелъе восун, кидалдай гьесда берчIвазе щвелаян хьулалда вукIунаан СагIид Афанди. Гьадин бицунеб буго гьев мубаракас жинцаго: "Инхове устарасухъеги щун, дун нахъвуссунаанха, гьедизе щиб гьабизеха гьедилев, дида гьесул гьумералде балагьизе кIвечIо, битIараб бицани. Нахъвуссунаан добаго ракIги тун. Гьагъаб къоялдасан байбихьун, щибаб къоги щибаб анкьги щибаб моцIги устарги ракIалда къан, кидалдай лъагIел инаян абун къоял рикIкIунаго унаан дир лъагIел. Амма досги, гьоркьо-гьркьов макьилъ вачIун, дир бетIералда квер бахъулаан".
Шазалияб тIарикъат гьабизе лъугьаралдаса дагьабги цIикIкIана КIудиясул гIелму цIалиялде букIараб рокьи. Гьелдаса нахъе къокъидго гIиги бичун-бикьун лъугIизабун, СагIид Афанди ЧIикIаб ГЭС балеб бакIалъул пожарниялде хIалтIизе лъугьана.
Цинги СагIид Афандияс байбихьана доб заманаялъ ЧIикIар рукIарал кIудиял гIалимзабазул цояв ПатIал ХIажиясдасан гIелму цIализе. Гьеб букIана 1970 соналъул байбихьи. Анкьго соналъ хьвадана КIудияв гьесда аскIове гIелму тIалаб гьабизе. ПатIал ХIажияв вукIана цIакъ мухIканаго дарс кьолев мугIалимги, гIелмуялда гIамал рекъарав гIалимчиги. Цинги Якъубил ХIажиясда цере "ИхIяалги" цIалана гьес. ТIарикъаталъул вирдги гьабун гурони, дарсидеги унароан СагIид Афанди. ГьитIинго Аллагьас кьураб пагьму-гьунаралдалъун КIудиясе гIелмуялъул тIахьал ричIчIизе бигьалъулаан. Щибаб дарс цIакъ кIвар кьун цIалулаан гьес
ТIарикъаталде лъугьараб тIоцебесеб къоялдаса нахъе СагIид Афанди вукIана устарасдехун хIакъикъияб рокьиги, гьев Аллагьасул вали вукIиналде игIтикъадги бугев унго-унгояв муридлъун (муридун свадикълъун).
Щибаб къойил нус-нус хIатта азарго мурид къабул гьабулев вукIаниги, риидал, хасало батIалъи гьечIого, сордо бащалъун хадуса тIадеги вахъун, рогьинегIан Аллагьасе тIагIат-гIибадаталда вукIунаан КIудияв. Ражаб, ШагIбан, Рамазан - лъабабго моцIалъ кIалалги кколаан гьес. ХIеж рагьаралдаса нахъе, сонайил хIежги гьабулаан гьев мубаракас. Дунялалдаго машгьурал чIахIиял вализабазул зияратазде Мисриялде, Сириялде, Узбекистаналде, Индиялде, Турциялде ва цогидалги пачалихъазде щвана гьев мубарак муридзабигун цадахъ.

КIудиясул муридзаби рукIана Россиялъул батIи-батIиял республикабазда гурелги гIарабиязул пачалихъаздаги, Африкаялдаги хIатта Америкаялдацин.
ТIадегIанав Аллагьас СагIид Афандиясе кьун букIана гIажаибаб шигIрияб гьунар. Гьес гIолохъанаб мехалдаса нахъего хъвалаан назмаби. Ункъоялда анцIабилел соназда басмаялда бахъана КIудиясул кIиго назмабазул тIехь. Гьезда КIудияс пасихIаб мацIалда, ракI рагьун бицунеб буго жиндирго гIумруялъул, рехсолел руго цере рукIарал устарзабазул манакъибал, гIелмуялда гIамал рекъарал магIарул гIалимзабазул сиярал ва Дагъистаналъул тарих. ТIахьазда аслияб бакI ккола КIудияс хирияв Аварагасдеﷺ бугеб жиндирго хIакъикъияб рокьи загьир гьабун хъварал мавлидаз. Цинги басмаялде бахъана КIудияс шаргIиял суалазе жавабал данде гьарураб "МажмугIатул фаваид" абураб тIехь. ГIадамаз жиндихъе рачIарал суалазе жавабалъе хъвараб тIехь буго КIудиясул гьеб
Цинги къватIире рачIана КIудиясул назмуялдалъун хъвараб "Аварагзабазул къисаби" абураб тIехьалъул кIиго жилд. Гьел тIахьазда КIудияс гIадатияв чиясда бичIчIулеб куцалъ шигIруялъул мацIалда рицунел руго Адам аварагасдаса байбихьун нилъер хирияв МухIаммад Аварагасдеﷺ щвезегIан аварагзабазул къисаби. Гьелдаса хадур КIудияс халкъалъе сайгъат гьаруна "Къуръаналъул ахIуде гIамавал кантIизари" абурал шаригIаталъул хIикматаб гIелму жаниб лъурал тIахьазул ункъго жилд. КIудияв накълулъун хадуса басмаялде бахъана КIудияс хъван бахъинчIеб тIехь "ГIолилазе насихIат". Жакъасеб къоялъ гIолилазе чара гьечIого лъазе кколел гIелмудал аслаби рукIа-рахъин загьир гьарураб гьеб камилаб тIехь хъвалаго къадаралде щвана нилъев КIудияв.
Щибаб соналъ жиндирго ЧIикIаб росулъ кIудияб мавлидги гьабулаан СагIид Афандияс. Нус-нус азарго чи вачIунаан гьев мубаракасул мавлидалде. ГIицIго магIарулазе гуребги, тIолго Дагъистаналъул халкъазе унго-унгояб гIидлъун лъугьунаан КIудиясул щибаб мавлид. 2012 соналъул маялда букIараб КIудиясул ахирисеб мавлидалда 200 азаргоялдаса цIикIкIун чияс гIахьалъи гьабиялъ бицуна халкъалъул гьесде букIараб унго-унгояб рокьиялъул.
КIудиясул кидагосеб бербалагьи букIана динияб идараялъул хIалтIуда хадуб. Жидеца гьабизе жо бугищан гьикъаразда гьев мубаракас кидаго абулаан динияб идараялъул хIалтIуе кIвараб кумек гьабеян. КIудиясул баракаталъ рагьана Дагъистаналда тIоцебесеб исламияб телевидение, биччазе байбихьана "Ассалам" газета, Дагъистаналъул шагьаразда ва росабалъ рагьана анцI-анцI мадарасаги исламиял институталги.
МухIаммад ХIамзаев
Абубакаров СайидмухӀамад-хIажи гьавуна 1959 соналъул 23 сентябралда Гумбет районалъул ЦӀиликь росулъ. Эбел-инсуца, жидерго лъимадул бажариялъул балагьун, щуго сон бараб мехалда гьев школалде кьун вуго. СайидМухӀамад-хӀажияс анцӀго сон бараб мехалъ камилго лъазабун букӀана тажвидалда Къуръан цIализе. Гьесул эмен ХасмухӀамадица жиндирго гӀумру кьуна медицинаялъе.
1975 соналъ, 15 сон барав СайидмухӀамад-хӀажи цӀализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул университеталъул стоматологияб факультеталде.
1980 соналда, лъикӀал къиматазда университетги лъугӀизабун, гьев ана Грозныялде интернатураялде.
ЦӀали лъугӀун хадуб гьесие Горагорскиялда цаби-гӀусазул тохтурлъун хӀалтӀи кьола ва лъабго соналъ гьенив хӀалтӀана. МахӀачхъалаялде тӀад вуссингун хӀалтӀизе лъугьана тахшагьаралъул цо поликлиникаялда. Гьелдаса хадув гьев ана хасаб жиндирго практикаялда.
1993 соналда нахъе гьев тIамуна Дагъистаналъул бусурбабазул динияб идараялъул муфтиясул наиблъун.
1994 соналда гьев цӀалана Дамаскалда бугеб Абу Нур абураб университеталда имамзаби хIадурулеб курсал.
1995 соналда Дагъистаналъул гӀалимзабазул советалъ гьесда тӀадкъана Динияб идараялъул информациялъул алатазулгун бухьен гьабиялъул отделалъе нухмалъи гьабизе.
1996 соналъул 1 июлалда СайидмухӀамад-хӀажи тӀамуна муфтиясул ишал заманаялъ тӀуразарулевлъун.
1996 соналъул 26 августалда СайидмухӀамад-хӀажи Абубакаров Дагъистаналъул гӀалимзабазул советалъул членаз Дагъистаналъул муфтилъун тасдикъ гьавуна. Данделъиялда гӀахьаллъана Дагъистаналъул шагьараздаса ва гӀемерисел районаздаса 60-ялдаса цӀикӀкӀун гIалимчи.
Муфтийлъун тIамураб кIиго соналда жаниб бергьун кIудияб хIалтIи гьабуна СайидмухIаммад-хIажица. Гьеб заманалда жаниб динияб идараялъул цIар лъикIаб къиматалде борхана. Гьеб заман букIана диналъе эркенлъи щварал соназул байбихьи. КъватIисел хIукуматаздаса, хасго гIарабиязул улкабаздаса Дагъистаналде гьулчун бачIана вагьабиязулгун террористозул пикру гIахьал гьабулезул къокъа. СайидмухIаммад-хIажияс бергьун кIудияб хIалтIи гьабуна гьел диналъул хъамалчагIаздаса дагъистаналъул бусурбабазул гIакъида цIунизе ва хвасар гьабизе.
Гьеб хIехьез кIвечIел исламалъулгун инсанияталъул тушбабаз гьабуна нахъегIанаб иш. Рузман базе вацгун цадахъ машинаялда вачунев вукIарав СайидмухIаммад-хIажие къор гъуна. Гьеб буго жидерго хIалихьатал ишазе цадахъ гIахьаллъи гьабичIолъиялъ, гьезие хIалтIизе нухал къаялъухъ рецIел босун гьабураб хIалихьатаб иш. 1998 соналъул 21 абилеб августалда СайидмухIаммад-хIажи жиндир вац АхIмадгун, машин бачунев вукIарав гIолилав ХIайдаргун тушбабаз гъураб къоралъул хIасилалда машинги кьвагьун Аллагьасул къадаралде щун шагьидлъана.
Амма СайидмухIаммад-хIажи гьес дунял тезегIан цо вукIун ватани, гьелдаса хадур аза-азар гIуна. Исламги жеги щулалъана ва цебетIуна. Гьелда жаниб бищунго кIудияб гIахьаллъиги буго шагьид СайидмухIаммад-хIажиясул.
Гьаб дунял буго кида-къадги толеб жо. Амма абадияб талихIгун, наслаби чIух1улеб цIаргун ахираталде ин бищунго кIудияб талихI буго.